МагъчIваялъе рес

Къадировасул рагIабазул цIех-рех байбихьун буго


Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъ байбихьун буго Чачан республикаялъул бетIер Къадиров Рамзаница киназдаго рагIулаго гьабураб лъазабиялъул цIех-рех гьабизе. Гьеб хурхараб буго «кинавалиго Каляпиница» 4 декабралда Грозныялде гьабураб гьужумалъе финансазул кверчIвай гьабун букIанин абуралда. Гьедин лъазабулеб буго «Новая газетаялъ». Президентасда цебе бугеб инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун шураялъул гIахьалчи ва «ГIакъуба кьеялде данде комитеталъул» бетIер Игорь Каляпиница абуна жиндихъе гьанжеялдего ц1ех-рехчагIаз телефоналъ ахIун бачIун букIанин. Гьесул пикруялда гьеб кинабго байбихьун буго Къадировасул рагIабазе президент Владимир Путиница къимат кьун хадуб. Хамиз къоялда Путиница абун букIана Къадировасул ихтияр гьечIин диваналъул хIукму гьечIого изну гьечIого яргъидгIуцIаразул гIагаразе тамихI гьабиялде гIадамал ахIизейин.

XS
SM
MD
LG