МагъчIваялъе рес

Меркель: Россиялъ халкъаздагьоркьосел къанунал хвезарулел руго


Алманиялъул канцлер Ангела Меркелица лъазабуна Россиялъ Украиналда гьабулеб бугелъ халкъаздагьоркьосел къанунал хвезарулел ругин ва гьелъул тIолабго дунялалъе ва Европаялъе хIинкъи бугин.

Бундестагалда арбагI къоялда кIалъалаго Меркелица абуна: «Сунцаго ритIухъ гьабуларо Донецкалда ва Луганскалда унел рагъулал ишазулъ Россиялъул я битIараб яги хъвалсараб гIахьаллъи»,-ян.

Гьелъул рагIабазда рекъон, Россиялъ Европаялда бугеб ракълилаб низамалъецин лъолеб буго суал.

Гьелде тIадеги гьелъ абуна Украиналда бугеб кризис хехго рагIалде бахъинабизе ресал гьечIинги. «Гьеб кризис рагIалде бахъинабизе нилъеца бахъулеб хIаракаталъеги къваригIун буго сабру ва къвакIи»,-ян абуна Меркелица.

Алманиялъул рахIатхун буго Украиналъул машрикъалъул рахъалда тIад контроль чIезабурал сепаратистазе гьабулеб квербакъи чIезабеян Магърибалъ гьарулел ахIиял Москваялда рагIулел гьечIолъиялъ.

XS
SM
MD
LG