МагъчIваялъе рес

НАТОялъул тIадегIанав хъулухъчи Киевалда


Америкаялъул аскариязул тIадегIанав хъулухъчи генерал Филипп Бридлавица сапар бухьун буго Украиналде арбагI къоялда. Гьесул мурад буго улкаялъул политикияб ва рагъулаб нухмалъигун дандчIваял гьари. Гьедин лъазабулеб буго НАТОялъул аслияб офисалъул пресс-хъулухъалъ.

Европаялда ругел Америкаялъул аскаразул нухмалъулев Бридлав гьединго ккола НАТОялъул нухмалъиялдаса чилъунги. Киевалда гьес рорхизе руго улкаялъул машрикъалъул рахъалда хIинкъигьечIолъи цIуниялъул ва улка цIуниялъул рахъалъ Америкаялъ Украиналъе гьабизе рес бугеб кумекалъул суалал.

XS
SM
MD
LG