МагъчIваялъе рес

Москваялда тIобитIана рагIуе эркенлъи цIуниялъул митинг


Москваялъул Триумфальная абулеб майданалда шамат къоялъ тIобитIана рагIуе эркенлъи цIуниялъул митинг. Гьелъулъ гIахьаллъана 150 чи.

Гьез тIалаб гьабулеб букIана журналистазде гьабулеб тIадецуялъе ахир лъей ва тIадтаразде гIунтIизабуна гьересияб пропаганда тIибитIизабиялъул гIайиб.

Митингалда кIалъазе рахъаразда гъорлъ рукIана инсанасул ихтиярал цIунулей хIаракатчIужу Лолита Цария, «ТIалъи хисизабиялъе гIоло» абулеб багъа-бачариялъул цевехъан Марк Гальперин, «Миллатчилъиялъулгун Большевиказул платформаялъул» хIаракатчи Михаил Пулин ва гIемерал цогидал.

XS
SM
MD
LG