МагъчIваялъе рес

ОБСЕялъ лъикIаб къимат кьолеб буго Машрикъалъул Украиналда кьвагьдеялдаса инкар гьабиялъул меморандумалъе


ОБСЕялъул нухмалъулев Дидье Буркхальтерица лъикIаб къимат кьуна Украиналъул машрикъалъул рахъалда конфликтазул рахъаз кьвагьдеялдаса инкар гьабиялъул меморандум къабул гьабиялда бан.

Гьес лъазабуна, гьеб кколин кризис рагIалде бахъинабиялъе лъикIаб галиян. ОБСЕялъул бетIерас гьединго хьул загьир гьабуна меморандумалъ конфликталъул зонаялда балагьалде ккарал гIадамазул гIумру дагьалъ гIаги бигьалъизе букIиналъул.

XS
SM
MD
LG