МагъчIваялъе рес

В. Путин: "Украиналъул нухмалъиялъ кIалъа-басаял байбихьизе ккола жанубиябгун машрикъалъул рахъалъугун".


Россиялъул президент Владимир Путиница лъазабуна, Украиналъул нухмалъиялъ кIалъа-басаял байбихьизе кколин улкаялъул жанубиябгун машрикъалъул рахъалда жамгIияталъул политикияб ва пачалихъияб гIуцIиялда сверун суалал гьоркьор лъуралин.

«ТIоцебесеб каналъе» интервью кьолаго, Путиница жубана, Украиналъул президент Петр Порошенколгун конфликт ракълилал къагIидабаздалъун рагIалде бахъинабиялда хурхарал цо-цо къотIи-къаязде рачIине бажаранин.

Россиялъул лидер мукIурлъана Украиналъул крисиз, гьесда бихьухъе, гIагарисеб заманалда рагIалде бахъине гьечIеблъиялъе. Гьесул рагIабазда, конфликталъе багьаналъун лъугьана 2014 соналъул хасоло «яргъид гIуцIараб къагIидаялда цояз цогидазухъа нухмалъи бахъи».

XS
SM
MD
LG