МагъчIваялъе рес

Пентагоналъ авиакьаби щвезабун буго "Исламияб пачалихъалъул" позициязда


Пентагоналъ лъазабуна Цолъарал Штатазул авиациялъ ракетабазул кьаби щвезабунин «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул яргъид гIуцIаразул позицияздайин. Ахирисез сверун ккун буго ГIиракъалъул шималияб рахъалда бугеб Амерли шагьар.

Цадахъго гьез захIмалъиялде ккараб шагьаралъул халкъалъе реххун буго гуманитарияб кумек.

Шамат къоялда ГIиракъалъул армиялъ шиитазул ва курдазул жалго цIуниялъул къуватазда цадахъ гьужум байбихьун буго жигьадистазул позициязде.

Амерли шагьаралда гIумру гьабун буго гIага-шагарго гIиракъалъул турменазул I5 азаргогIанав чияс.

XS
SM
MD
LG