МагъчIваялъе рес

Александр Лукашенко разилъана Минскалда Украиналда хурхун кIалъа-басаял тIоритIизе


Беларусалъул президент Александр Лукашенко разилъана Украиналъул кризис рагIалде бахъинабиялъул мурадалда кIалъа-басаязул бакIалде Минск буссинабизе.

Донбассалда ахIвал-хIал рукIалиде бачиналъе кумек гьабулеб лъабго рахъалъулаб контакталъул къокъаялъе Минскалда кIалъа-басаял тIоритIизе рес кьей гьарун телефоналдасахун гьесде хитIаб гьабун буго Украиналъул президент Петр Порошенкоца.

Гьеб гара-чIвариялде ахIизе ракIалда рагIула Украиналъул вукIарав кIиабилев президент Леонид Кучма, Украиналда Россиялъул вакил Михаил Зурабов ва ОБСЕялъул вакильзаби.

Гьоркьоб лъезе рагIула кIиго суал – Малайзиялъул «Боинг» бортараб бакIалде халкъазда гьоркьосеб экспертал щвезе ресал чIезари ва асир гьарурал эркен гьари. Порошенкол хIисаблда, сепаратистазухъ рагIула I68 гъоркьлъалие восарав.

XS
SM
MD
LG