Исана апрель моцIалъул ахиралда Гъизляралде чIегIерал байрахъалги рорхун унеб букIараб автоколоннаялдаса ункъго чи жеги туснахъалъуса виччан гьечIо. Байбихьуда гьезул кинабниги ккун вукIана 17яв.
ГIараб мацIалда хъвай-хъвагIаял тIад гьарурал чIегIарал байрахъалгун жал берталъе унел рукIанин ва полициязул гIайибалда гьениб тунка-гIуси кканин, гьелда бан ккуралги нахъе ричIчIалел гьечIин абулеб буго гьеб акциялъул гIахьалчагIаз. Адвокатазул рагIабазда рекъон, гьел байрахъал экстремистиял рукIин чIезабуни, туснахъ гьаруразе щу-щу сон кьезе рес буго.