МагъчIваялъе рес

Лъималаз инсул жаваб кьолищ гьанже?


Сергей Меликов
Сергей Меликов

Шималияб Кавказалда Россиялъул президентасул ишал кодосев Сергей Меликовас лъазабун буго изну гьечIого яргъидгIуцIаразул хъизамалгун кIвар кьун хIалтIи гьабизе хIажат ккеялъул, хасго гьединал хъизамазда ругел лъималгун, гьел экстремизмалъул асаралда гъоркье ккеялдаса цIунизе.

Гьеб суал цебеккун борхараб букIинчIин киданиги, амма гьеб проблема бугин ва гьеб тIагIинабизе кколин , шай гурелъул гьелъул бицунеб ругеб заманалда гьел лъимал гIолел ругин кIудиял. Статистикаялда рекъон, изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къокъабалъ ругел ва Сириялде рагъизе унезул 90 процент кколин 16-22 соналъул ригьалда ругел гIолилалин лъазабун буго Сергей Меликовас.

Дагъистаналда ахираб анцIго соналда жанир чIварал изну гьечIого яргъидгIуцIаразул лъимал улка тун къватIирехун ругин гIемерисел, гьел гочине ккеялъе гIиллаги бугин батIи-батIиял идарабазул рахъалъан гьезде тIадецуй букIинин лъазабулеб буго Туркиялъ вугев Генуб росулъа МухIамадов Шамилца. Бищун гIемер хасал операциял тIортIулеб Унсоколо мухъалъул Генуб росулъ, нусиде бахун бесдаллъимер бугила, жидер эменал чIван хутIарал, амма хIукуматалъул идарабазул рахъалъ кумек гуреб, гIаксалда гьезул буголъи бахъулила.

«Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна чIварал изну гьечIого яргъидгIуцIаразул чанго хъизамгун, амма гьез инкар гьабуна жидер цIаралдаса баянал кьезе, гьезие ва лъималазе хIинкъи букIиналъ.

Шамиль МухIамадовас баян гьабуна лъимал инсул нухде риччазе бегьуларин абулеб бугила, амма гьезда кIочонарила жидер эмен чIварав куцги ва гьесул жаназа инжит гьабиги.

Шамиль МухIамадов: «Ахирисеб 9-10 соналда жаниб нижер росулъ чIвана гIага-шагар 60 гIолохъанчи, рукIана гьезда гьоркьор кьвагьи ккун чIварал, гIайиб гьечIогон чIварал, ва рикъун ун тIагIинарурал. Гьел чIварал гIолохъабазул нахъе хутIарал лъималазул къадар бахана, рикIкIиндал, нусго лъимаде. Кинаб ахIвал-хIалха гьезул бугеб. ЧIвана рос, бичIчIила цо-кIиго анкь банани, медикияб экспертиза тIобитIизе, амма балеб буго цо-кIиго гуреб, чанго моцI, моргалдаса жаназаби кьоларогон. Кьейилан абидал тIалаб гьабулеб буго гIезегIан гIарац. Кьун гIарацгун босулеб буго турараб росасул жаназа букъизе. Гьелдаги лъугIулеб гьечIо, гьел руччаби гIилаби ратун рачунел руго Жанисел ишазул бутIаялде, гьелъухъа бахъулеб буго гIарац, лъил гьеб унеб бугеб, гьелго бесдалазухъа».

Ахираб кIиго лъагIалида жаниб чIварал изну гьечIого яргъидгIуцIаразул хъизамал Дагъистаналдаса нахъе лъутулел ругила, батIи-батIиял идарабазул рахъалъ хIинкъи букIиналъ.

Шамиль МухIамадов: «Ахирисеб лъагIалида жанир нижер росулъа чIварал гIолохъабазул хъизамал, мина-руссен тун, бугелъул кинабго тун лъутизе кколел руго, гьезие гIакъуба кьолеб букIиналъ, гьезул чIварал росал, эменал террористал рукIанин абун. ТIокIаб гьечIищ хIукуматалъе зарал-зиян гьабулел чагIи, амма гьезул хъизамазе кьоларо гIакъуба. Гьез абулеб буго, лъимал эменазул нухде риччазе бегьуларилан, амма гьел лъималазда кIочонаро жидер эмен чIварав куц, гьесул жаназаялда тIад релъанхъарал куц. ХIатта, хIаяздагицин, кIийиде рикьун хIалеб мехалъ, цониги лъимаца къабул гьабуларо жив ОМОНлъун вукIинилан абураб жо, киназго абула жив мужагьид вукIинин, жив гьав вукIинин, дов вукIинин, лъималазул ботIролъ батIияб буго пикруги, батIияб буго бичIчIиги, хIайги. Гьанже гьев Меликовас бицараб жо кида гьабизе бугеб жояли лъааро, амма нижер росулъе гьезул хъантIиги, гIакъуба кьейги, нахъе хутIарал бесдалазул бугеб жо бахъи гуреб батIияб жо щвечIо».

Ихдал, цин араб бакI лъачIогон тIагIун, хадубго хасаб операция тIобитIулаго КъурахI мухъалда чIван ватарав Пашаев Замирил хъизан Зайнабица бицана, росасул жаназа босизе гIарац кьезе кканила, ва васасда эмен чIванилан бицун букIинчIила жеги, гьесда гьеб цогидал лъималаз школалда рогьлал ран лъан бачIанила.

Психолог Руслан Бекмурзаевас баян гьабухъе, жамгIияталда жаниб рикьи букIиналъ, сверухълъиялъул тIадецуялъул къурбаналлъун кколила гIемерисеб мехалда гьединал лъимал ва гIумру гьабураб бакI хиси битIараб иш бугила лъимадул психика хвечIогон букIине. Лъимада кверчIваялъул идараялъ гьединал хъизамалгун хIалтIи гьабулищан цIехедал, Буйнакск мухъалъул КверчIваялъул идараялъул вакил Байзат ГIамировалъ бицана, гIицIго гIилла букIун гурого щоларин гьезухъе. ГIемерисеб заманалда гьединал хъизамазе бокьизеги бокьуларила жиддехъе рачIине.

XS
SM
MD
LG