МагъчIваялъе рес

Кьвагьа-гIанхъиял гIемерлъулел руго


Изну гьечIого яргъидгIуцIаразул щугояв чIвана къуваталъулаз Гъарабудахкент мухъалда тIобитIараб хасаб операциялда. Терроралде дандечIараб миллияб комитеталъул лъазабиязда рекъон, хасаб операция гьабуна Гурбуки росулъ.

Низам цIунулез оперативиял тадбирал гьарулел рукIана Гъарабудахкент мухъалда гьаб анкьалъул авалалдасаго. Изну гьечIого яргъид гIуцIарал къукъабазде гъорлъе унел ва гьезул кумекчагIи цIехолел рукIанин къуваталъулазилан бицана «Эркенлъиялъе» Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялда. Низам цIунулезухъе оперативияб информация щун буго Гурбуки росулъ бахчун бугин рохьилазул къокъа.

Изну гьечIого яргъид гIуцIарал рахчун рукIараб мина къуваталъулаз сверухъ ккуна ва 12 декабралда радал хасаб операция байбихьана.

Терроралде дандечIараб миллияб комитеталъул лъазабиязда рекъон, минаялда жанир ругезда низам цIунулез абун буго ярагъги гIодоб лъун кверде рачIаян. Къуваталъулазул гьари гьез къабул гьабичIо, амма минаялдаса къватIире риччана кIиго чIужугIаданги лъимерги.

Гьел къватIире рачIун хадуб кьвагьа-гIанхъи байбихьана. Тунка-гIусиялда изну гьечIого яргъид гIуцIаразул щугояв чIвана. «Губденалъулаб» абулеб рохьилазул къукъаялде гъорлъ унел чIванин къуваталъулазин хъвалеб буго информалатаз. Хасаб операциялда полициялъул хIалтIухъабазда гьоркьоса щивго лъукъичIо. ЧIваразул киназулго цIарал жеги мухIкан гьарун гьечIо.

Гьанибго тIаде жубала, Гъарабудахкент мухъалда 20 августалда лъазабураб контртеррористияб операциялъул низам ай КТО жеги нахъе бахъун гьечIо.

Гьал къоязда ккарал тунка-гIусиялги хIисабалде росун, абизе бегьула республикаялда ахIвал-хIал хIалуцарабалъун хутIулеб бугин. 10 декабралда МахIачхъалаялда низам цIунулез чIвана изну гьечIого яргъид гIуцIаразул кIигоял.

Гьезул автомобиль чIезабизе хIалбихьана полициялъулаз, амма салоналдаса низам цIунулездехун къвагьдана. Ккараб тунка-гIусиялда полициялъул цо хIалтIухъан лъукъана ва гьев азарханаялда вуго гьанже.

Гьединго цодагьалъ цебе МахIачхъалаялда низам цIунулез чIвана Руслан Дарсамовин цIар бугев рохьилав. «МахIачхъалаялъулаб» абулеб къукъадул цевехъанлъун гьев вукIанин, лъазабуна терроралде дандечIараб миллияб комитеталъ. «25 сон барав Дарсамов, гьесул тIокIцIарги ГIусман, чанги такъсиралъулъ гIайибияв вуго.

Низам цIунулел идарабазул хIалтIухъаби чIвай, террактазулъ гIахьаллъи, бизнесменазухъа ва хIакимазухъа жигьадалъеилан гIарац бахъи - гьединал такъсирал гьаруна гьес ва гьелдалъун гьев федералияб цIех-рехалда лъун вукIана», - илан бицана «Эркенлъиялъе» республикаялъул жанисел ишазул министерлъиялда.

Низам цIунулез гьединго профилактикияб хIалтIи гьабулеб буго, амма гьелда тIаса инсанасул ихтиярал цIунулезул гIарзаби руго. Гьезда рекъон, полициялъулаз отделазде ккун рачунел руго мугжул ругел чагIи.

Мисалалъе, гьал къоязда, МахIачхъалаялъул Ленин мухъалъул РОВДялде лъабго чи ккун вачана, гьел рохьилазул кумекчагIи ругинги абун. Ахир-къад гьел нахъе ричана.

Отделалде вачун вукIарав цояс абуна журналистазе киналгIаги протоколал цIезаричIин полициялъулаз ва отделалъул хIалтIухъаби цIакъ хъачIго кIалъалел рукIанин. Ленин мухъалъул РОВДялда баян кьуна жидер хIалтIухъабаз хасал тадбирал гьарулел ругин шагьаралда ва щаклъи бугел чагIи отделалде рачунел ругилан. «Гьезул цIарал лъазарун хадур нахъе ричала гьел ккурал», - илан бицана отделалъул хIалтIухъанас.

Экспертазул пикруязда рекъон, Дагъистаналда терроралде данде къеркьолел руго гIицIго къуватги хIалтIизабун, профилактикалъул хIалтIи бачине кIолеб гьечIо полициялъузда. Политолог Константин Казениница абуна «Эркенлъи» радиоялъе, террор алде дандечIеялъул къуваталъул гурел цогидал механизмалги ругин, амма Дагъистанлда гьел хIалтIизарулел гьечIилан.

Константин Казенин: «Жавабалде цIазе ккола инсанасул ихтиярал хвезарулел низам цIунулел. Гьезие тамихI гьабичIони, гьезул хIалтIи жеги тIаса ккараблъун букIуна. Терроралде дандечIеялъул халкъазда гьоркьосеб хIалбихьиязул халгьабе ва нужеда лъазе буго цохIо къуваталъул механизмал хIалтIизаризе бегьулареблъи.

Инсанасул ихтиярал хвезари, гIадатиял гIадамазе рахIат хвезаби, дандечIеялъул кIиябго рахъалдасан вахIшилъи цIикIкIи – гьединал хIасилазде рачуна къуваталъул методаз. Чанги батIи-батIияб нух буго террор тIагIинабиялъе.

Мисалалъе, диналъул батIи-батIиял гIаркьалазда гъорлъе унел чагIазда гьоркьоб диалог баккинабизе ккола цIидасанго, федералиял къуваталъул идарабазул хIалтIи регионалда дагьлъизабизе ккола, низам цIунулезул хIалтIуда хадуб гражданияб халкквей букIине ккола. Экстремизмалде дандечIеялъул гипотезаби гIемер руго, амма Дагъистаналда гьел хIалтIизарулел гьечIо».

Казенинил пикруялда рекъон, Дагъистаналъул хIукуматалъ хIаракатбахъине ккола кIванагIан гIемер чагIи рохьаздаса ракълилаб гIумруялде тIадруссинаризе.

XS
SM
MD
LG