МагъчIваялъе рес

21-билеб гlасруялъул лагъзал


Дагъистаналда 11 соналъ жив лагълъуда ккун вукlанин бицарав ва армиялдаса лъутарав солдат Андрей Попов, Aвг2011
Дагъистаналда 11 соналъ жив лагълъуда ккун вукlанин бицарав ва армиялдаса лъутарав солдат Андрей Попов, Aвг2011

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъги "Альтернатива" абулеб гIолилазул багъа-бачариялдаса вакилзабазги тIатинаруна кирпич къотIулел заводазда хIалтIулел Белоруссиялдасаги Россиялдасаги гIадамал - кинавниги 12 чи.

Байбихьуда бицунеб букIана гьел ругин лагъзал кинигин кванихъ хIалтIизарулел чагIи. Амма жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев Вячеслав ХIасановас ЭР-ялъе бицана квачан холеб Россиялде тIадруссун жидеца щибин гьабилебан цояз махсараби гьарунила, жал гьанир бетIербахъи гьабулел ругилан цогидаз жаваб кьунила. Гьезда гьоркьоса ункъо чи Белоруссиялдаса ватана. Гьезул кIигоязул документал тIагIун руго. Гьанже Москваялда инсанасул ихтиярал цIунулез кумек гьабулеб буго гьезие рокъоре тIадруссине.

Жеги микьго чи ватун вуго Россиялъул батIи-батIиял регионаздаса гIадамал. Гьелги Москваялда "Гражданское содействие" абулеб жамгIияб гIуцIиялъул офисалда рукIиналъул баянал руго. Гьеб гIуцIиялъул нухмалъулей Светлана Ганнушкиналъ тIалаб гьабулеб буго гьезул. Гьел микьгоязда гьоркьоса лъабго чияс абун буго жал Дагъистаналдаго чIелаанин, щайгурелъул абуни жидер ине бакI гьечIилан.

Клофелин даруги гьекъолеб жоги кьун кIотинеги гьарун рачун ругин гьел чагIи Дагъистаналдеян кирпич къотIулеб заводалъул бетIергьанасде гIайиб гьабулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулез.

Вячеслав ХIасанов: "Гьединаб хIалалда гIорхъи бахун анивехун Белоруссиялдаса ункъо чи вачине бажарулареблъи дудаго гIагийищ бичIчIулареб? Гьединлъидал гьел жалго рачIуна гьанире хIалтIизе".

Цебехун бицен гьабурал "Альтернатива" къокъаялъулги Дагъистаналъул жанисел министерлъиялъулги вакилзабазда гьел чагIи ратун руго МахIачхъалаялъул рагIалда Красноармейск абулеб росулъ.

Вячеслав ХIасанов: "Сверухъ рагъулал тунка-гIусиялги рукIун, къватIире рахъине хIинкъун рукIанин багьана батулеб буго гьез. Амма балагьараб мехалда, кирпич къотIулеб заводалъул бетIергьабаз хIалтIухъ мухь кьолеб букIун гьечIо. Гьелъулги цIех-рех гьабизе буго".

Гьедин рейд гьабулеб мехалда полициялъул хIалтIухъабаз заводалъул бетIергьабазда гьел чагIазул щивасе 20 аза-зар гъурущ кьезабунин нахъе унелъулин бицана Нариман ХIажиевас журналистазе. Гьев ккола информациялъулгун массовыял коммуникациязул министр.

Гьанжеялдаса чанго соналъ цебеги ахIи-хIур бахъун букIана Дагъистаналда кирпич къотIизе лагъзал гIадин хIалтIизарулел ругин Россиялдаса гIадамал абун. Улкаялъул телеканалалдасан "Жди меня" передачаялдаги букIана гьелъул бицунеб. Гьелдаса хадуб заводазул бетIергьабаз хIалтIухъабазе щвараб мухь Россиялде унел автобусазда гьезул гIагарлъиялъухъе битIизе лъугьанин бицана ЭР-ялъе Вячеслав ХIасановас. Щайгурелъул гьез гьеб гьекъон лъугIизабулеб рагIулила.

Вячеслав ХIасанов: "ГIемерисеб мехалда жидеего хIалтIун щванщинаб гIарац гьекъолеб жоялъухъ кьун лъугIизабун батула гьез. Яги гIемер ккола гьадинал хIужабиги - электроинструменталги рикъун, хIалтIулеб бакIалъа тIурун ун ратулел руго. Цинги гьелги ричун щвараб гIарац гьекъон лъугIараб мехалда заводалде нахъруссинеги хIинкъун, байбихьулеб буго гьез "жал рикъун рукIанин", "лагъзал гIадин хIалтIизе тIамунин" жал-жал ургъизе".

Гьедин Вячеславица ракIалде щвезабулеб буго автомобилал чурулеб бакIалда хIалтIулев вукIун, гьез нахъе вачарав гIурусавги. ХIалицаго мун гьенив ккун вукIун ватани, къойида жанир нус-нус батIиял гIадамал рачIунин гьенире, рокъове тIадвуссине къваригIун букIун батани, гьездасанниги щайинха гьаричIеб кумекилан абунила жинца гьесда.

2011 соналда улкаялдаго рагIун бицунеб букIана Саратовалдаса Андрей Поповасул. 2000 соналдаго армиялдаса вачIине кколев вукIарав гьев, 11 соналдасан ваккана жив Дагъистаналда кирпич къотIулеб заводалда лагъ хIисабалда хIалтIизавулев вукIанилан. Амма Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ абулеб буго цIех-рехалъ тIадвуссунго республикаялде ахIараб мехалда Поповасда лъачIин гьеб завод бугеб бакI бихьизабизе. Завод тун добехун кинабалиго гIурччинаб расалъи букIанин абунила гьес, амма кирпич къотIулеб бакIалда сверухъ кинабго бухIа-чIурхIун букIунила.

2009 соналдаги букIана гьебго ахIи-хIур. МахIачхъалаялъул рагIалда кирпич къотIулел заводалда хIалтIизарулел ратанилан, низам цIунулез эркен гьавун вукIана 30 чи.

XS
SM
MD
LG