МагъчIваялъе рес

Игорь Каляпин: "Чачаназул жамгIият биххулеб буго."


Жакъа Россиялъул Федерациялда терроризмалъул хIаракатчилъи бищунго цIикIкIараблъун рикIкIунеб Дагъистаналда ахвал-хIал рукIалиде бачиналъе хIалтIизаризе ккола чачаналъ гIадинал къагIидаби. Гьедин рикIкIунеб буго цо-цо экспертаз. Республикаялъул нухмалъиялдаги вукIине кколин, жакъасеб чачанлъиялъул гIадав лидерин, рикIкIунел дагъистаниялги дагьал гьечIо. Гьебго заманаялда Frankfurter Allgemeine газеталъ хъвалеб буго, «щибаб моцIалъ чачаназул тIубараб цо росуялъ гьарулеб бугин жидер улкаялда лъутун чIезе бакIин.» Чачаналъ бугеб хIакъаб атмосфера гьединал гIадамазда лъалеб батаниги, гьенир хIалтIизарулел къагидаби гьединазул цо-цояз рикIкIунел руго Дагъистаналъе «дарулъун.»

Кинабха бугеб Чачаналъ хIакъаб ахIвал-хIал инсанасул ихтиярал цIунулезул пикруялда? ГIазаб кьеялде данде комитеталъул нухмалъулев Игорь Каляпинилгун гара-чIвари.

ГIазаб кьеялде данде комитеталъул нухмалъулев Игорь Каляпинилил рагIабазда, жакъа чачаналъ бугеб ахIвал-хIалалъул божи гьечIолъи бихьизабулеб буго, гьениб федералияб централъ гьарулел кадразул манипулициязги. Мисал хIисабалда инсанасул ихтиярал цIунулес рехсана микьгогурони моцIалъ чачаналъ хIалтIизе течIев Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъул Чачан республикаялъул бутIаялъул нухмалъулев юстициялъул генерал-майор Сергей Бобров.

ЭР. Кин дуда кколеб, щай росиялъул нухмалъиялъе генерал Бобров данде ккечIев Чачан республикаялъул цIех-рехалъул идараялъул бетIер хIисабалда? Микьго моцI гIолищ гьединаб хъулухъалда вукIаго жиндирго «хасият» бихьизабиялъе?
Игорь Каляпин: «Дир пикруялда, дурусго гьеб микьго моцI Бобровасе гIун батизе буго жиндирго хIакъаб хасият бихьизабиялъе. Гьес живго вихьизавун ватизе вуго цебе букIахъе республикаялда жанир ругел чурукал ишал рахчизе гьечIев, квер хъвазе бегьуларел хъулухъчагIи хIехьезе гьечIев цIех-рехалъул идараялъул нухмалъулев хIисабалда.

Нижер инсанасул ихтиярал цIунулеб мобилияб группаялъ кIвар буссинабун гIадамал рикъиялда, гьезие гIазаб кьеялда хурхарал ишазда бан цIех-рех Бобров вачIаралдаса гIуралъ жигарлъизабун букIана. Гьел ишазул цоялда рекъон, чачаналъ квер хъвазе бегьулареллъун рикIкIунезул, ай, къадировасулазулин абулезул цояв аресталде гъоркьецин восана.

Бобров вукIараб заманалда, гьеб букIана республикаялда ругел федералиял идрабазда гъорлъан цого-цого, абила гьадин, Къадировасул гьудулзабиян жидедего абулеб Жанисел ишазул министерлъиялдаса кIудияб хъулухъазул кампаниялъе квал гьабизе гIаги бажарараб идара.

Узухъда, гьел полициялъул кIудиял хъулухъчагIаз жидерго хIалтIи гьабизе байбихьун букIана Бобровасул идараялдехунги балагьун. Гьел кидаго рукIунаан хIинкъун. Рагьулел рукIана такъсириял ишал. Гьелъул аслиял фигуранталлъун чанги лъугьунел рукIана дурусго гьеб полициялъул идарабазул хъулухъчагIи.

ЭР. Чачаналъ цо-цояз рикIкIунеб буго Чачан республикаялъул бетIерасул цIаралдаса жидерго вахIшиял ишал гьарулел гIадамазул хьвада-чIвадиялъул хIакъалъулъ живго Къадировасда лъачIого букIине бегьулин.

Игорь Каляпин: «Дида мухIканго лъала гьесда гьелъул хIакъалъулъ лъикI лъалеб букIин. Щайгурелъул жиндирго заманалда дицаги Къадировасда бихьизабун букIана, кин гьесда цебе къанунал риккунареб механизм хIалтIулеб бугебали. Дица гьел гIадамазул фамилиябицин рехсана. Мисал хIисабалда рачана нижер къокъаялъ хал-шал гьабулел хIужжабиги. БитIараб бицани, гьеб букIана лъабго соналъ цебе. Амма гьелдаса нахъе щибниги хисичIо.

ЭР. Ахирисеб нух рикIкинчIого, мун чачаналъе щун вукIана ункъгогIан соналъ цеве. Кин дуда кколеб, дагьалъгIаги гIумру гьениб лъикIлъун гьечIищ?

Игорь Каляпин: «Гьеб суалалъе жаваб кьезе битIахъего захIматго буго. Гьанжесеб чачаназул нухмалъиялъ абухъего, анцIго соналъ цебе бомбабаздаса, рагъулазул «беспределалдаса» нус-нус чи холев гьечIо. Гьеб битIараб буго, у. Республика аслияб къагIидаялда цIигIуцIун букIинги, гьебги битIараб буго. Амма гьелъул бицунаго, абизе ккола акцент гьабулеб бугин рукъзал раялде яги экономика рукIалиде бачиналде гуреб, кIалгIаби раялде.

Амма дица кIвар буссинабила гьадинаб жоялде. 10 соналъ цебе журналист хIисабалда, дур рес букIана пуланаб росулъе вачIун, суалал кьезе. ГIадамаз бокьарал проблемабазул бицунеб букIана. Гьебги щиб, россиялъул рагъулазул зулмуялъул, минаби риххун рукIиналъул, зачисткаби унеб мехалда гIайиб гьечIел гIадамал кквеялъул, цогидалъул.

Гьанжейин абуни, цогIаги чи мунгун кIалъазе гьечIо. Гьезул проблемаби гьечIолъиялъ гуреб, гIадамал цIакъ хIинкъизарун рукIиналъ. Чачаналъ киса-кибего буго хIинкъиялъул атмосфера. Гьел киназдаго лъикI лъала, жакъа республикаялъул администрациялъул адресалде, яги биччагеги тIадегIанас, вахIшияв Рамзан Къадировасул хIакъалъулъ квешаб рагIи абуни, хадусеб сардикь гьел гара-чIвари гьабизе рачунеллъиги, гьенисан гьел нахъ руссунареблъиги.

ЭР. Чачаназ, чачаназул проблемаялъ гIемер заманалъ жиндего кIвар буссинабун букIана улкаялда жаниб. Кин дуда кколеб кинаб бугеб бербалагьи жакъа чачан республикаялде, гьелъул гIадамазде жакъасеб Россиялда? Къабул гьабулищ россиялъул халкъалъ чачанал жидерго улкаялъул гражданал хIисабалда?

Игорь Каляпин: «ГIадамаз гIамал гьабулеб буго чачанлъи кинниги гIадахъ босичIого тезе. ГIадамаз гIамал гьабулеб буго проблемаби гIемераб гьединаб регион букIинго кIочене. Амма гьенир ругел проблемаби гIицIго чачаназул гуро. Гьел пролемаби ккола россиялъулалги. Нилъеца гурищ доба гIуцIараб гьединаб режим. Нилъер нухмалъиялъ гурищ лъураб доба Къадировасул администрация. Федералияб централда гьеб нухмалъи бихьулеб буго рагъалъе ва терроризмалъе цого-цо бугеб альтернатива хIисабалда.

ЭР. Абадиялъго Къадиров нухмалъиялда вукIунаро, жибго Россиялдаги гьесул рахъ кколеб нухмалъи хисизе бегьула. Кин дуда кколеб, кинаб букIине бегьулеб Чачан республика перспективаялда?

Игорь Каляпин: «ЦIакъ захIматаб суал ккола гьеб. Дир пикруялда, кьаби щвезабун буго чачаназул жамгIияталда. Чачаназул жамгIият ккола гIадатазул, традициязул жамгIият. Гьеб ракIалде босун абизе бегьула, чачаназул жамгIияталъул мугъзагьодида гъуризабулеб кьаби щвезабун бугин. Гьеб жамгIияталда жаниб гьанже пайдаял гIадатазул бакIазде гьересиял хазинаби рачIун ругин абизе бегьула.

Чачаназул жамгIият жакъа ккола жидедего жалго руссарал ратIа чIарал гIадамаз цо бакIалда гIумру гьабун бугеб бакI. Нилъеда бичIчIунеб къагIидаялда, нилъ ругьунлъараб къагIидаялда чачаназул жамгIият гьечIин абизе бегьулищали дида лъаларо. Амма дир гьединаб щаклъи жакъа буго. I5 соналъ цебе чачанас чачанасе гIазаб кьолеб букIин, дида макъилъцин бихьизе рес букIинчIо.

Гьале гьанже гьеб кинабго гIагсаб къагIидаялда загьирлъулеб букIин бихьулеб буго. Гьебги щиб, россиялъул рагъулазул, хасал хъулухъазул гIахьаллъи гьечIого. Жалго чачаназ гьеб кинабго гьабулеб буго ракь цоязда хурхун. Гьез гьеб гьабулеб буго медалазухъ, гIарцухъ, погоназухъ, хъулухъазухъ. Гьез гьеб гьабулеб буго рагъ унеб букIараб мехалда россиялъул бищунго квешал рагъулаздасанги лъикI. Дицани абила, гьез гьеб гьабулеб бугин, тIадеги вахIшияб къагIидаялдайин.
Гьел гIадамаз гIазаб кьолеб буго ва килищ битIулеб буго цо нухалда россиялъул къануназде, цогидаб нухалда шаригIаталде, лъазабилеб нухалда гIадатазде. Амма гьезие баталъи гьечIо гьезул, гьезие аслияб жо ккола гIарац, кверщеллъи. Гьеб щвеялъе гьез хIалтIизарула жидеего бокьа-бокьарал къагIидаби.
Сталинил терроралъул нугI дун кколаро. Амма дица доб заманалъул
хIакъалъулъ цIаларал тахьазда хъварабни кьерукъаб рагIад ккола, жакъа чачаналъ загьирлъулелъул. Щивниги лъиданиги божулев гьечIо. Щивав хIинкъун вуго щивасухъа.

ХIакъикъаталдаги, чачаналъ гьечIо теороризмалде данде рагъги. Гьениб гьечIо кинабгIаги россиялъул федерациялъул хIинкъигьечIолъи цIуниялда хурхараб ургъел ва хIакъаб хIалтIи. Доба буго гIарациде ва кверщеллъиялде щвезе бокьаразул хъантIи. Гьеб кинабго дица абулеб буго чачаназул хIакъалъулъ.

ЭР. Игорь, дуда данчIван рукIанищ кинал рукIаниги гьеб ахIвал-хIал лъалел, бичIунел гIадамал. Гьеб Россиялъул Федерациялъул территориялъун рикIкIунеб бугони, пачалихъиял интересал гьенир ратани, рукIине ккеларищ пачалихъиял гIадамал дудагIадин гьениб бугеб ахIвал-хIал бихьулел ва гьениб хиса-баси гьабизе бокьарал?

Игорь Каляпин: «Дир ракI чIараб буго, гьениб бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ тIаде мухIканго щвезабулеб букIиналда. Гьелъул хIакъалъулъ лъала генералияв прокурорасда, цех-рехалъул комитеталъул бетIерасда, Путинида, Володинида.

Киналго вахIшилъиязул, зулмуялъул, къанунал хвезариязул хIакъалъулъ, мухIканго лъала дида, лъазабула тIадтаразда. Дида гьединал рапорталги рихьана.

Лъицалиго рикIкIунеб батила гьединал къагIидабаз гурони рес кьоларин терроризм чIезабизейин. Дирни гIагсалда ракI чIун буго.

ЭР. Ругищ чачаналъ жидее хIинкъи гьечIел, гIумруялъул санагIалъи, парахалъи бугел чагIи? Чачаналъ загьирлъулеб системаялъ кьолищ чиясе парахатаб хIинкъи гьечIеб гIумруялъул ресал?

Игорь Каляпин: «Къадировасда хурхун абизе дие захIматго буго. Гьеб атмосфераялда вижарав чи ккола гьев. Дидани ккола гьесда берцинго бичIчIунеб батиларин, парахатаб ракълилаб гIумру кинаб букIунебали. Комуфляж ретIун хьвадизе, ярагъ бихьизабун веццардизе бокьулев республикаялъул бетIер, гьеб лъакIалъе бугеб жо гуро, дир пикруялда. Гьелъулъ буго патология гIадаб жо. Гьединаб ахIвал-хIалалда бугищ Къадировасе комфортали, дие захIматго буго абизе.

Амма гьеб республикаялда гьесие комфорт батаниги, дида ккола, гьев ватилин гьединав цого-цо чиян гьенив. Гьев гьедин ватаниги, гьесул кIудиял хъулухъчагIи, зулму бекьулел гьесул сверухълъиялдаса, дир пикруялда, цогIагиясе комфорт букIине рес гьечIо. Гьел киналго хIинкъула цоцадаса, Къадировасдаса, гIадатиял гIадамаздаса. Гьез жидецаго ургъарал терористаздасаги хIинкъула гьел. ТIолабго халкъ даимаб хIинкъиялда гъоркь чIезабун вугев чиясе кинабгIаги комфорт букIине ресцин гьечIо. Гьеб ккола Ньютонил лъабабалеб къанун гIадаб жо. ДандечIеялъул къуват бащдаб букIунин гьабулеб асаралъул къуваталдейин абураб.
XS
SM
MD
LG