МагъчIваялъе рес

Туснахъалъулги туснахъалда


Багьавдин
Багьавдин

Россиялъул туснахъазда ругел шартIазда тIаса гIарзал рукIуна киналго абухъе жанир тIамуразул. Гьелъие мукIурлъула жалго ТIамихI тIубазабиялъул системаялъул хIалтIухъаби. Гьезги абула дагьал гурел бакIал гьечIел бакIазда гIемерав чи жанив тIамизе ккеялъулги, гьел бакIал церегоялдаса къачIалел гьечIолъиялъулги цогиялъулги.

Церегоги квешал шартIазде тIадеги Шималияб Кавказалдаса чагIазда гьенир дандчIвалел руго миллиябгун динияб рокьукълъиялде щун захIмалъаби. Гьедин бицуна инсанасул ихтиярал цIунулезги, адвокатазги, жалго жанир тIамуразги.

«КIиго анкь цебе туснахъалъул нухмалъиялъ ахIизеги ахIун дида абуна дун лъагIелгун бащдалъ жанив тIамун вугев камералъуса туснахъалъул азбаралдеги ай зонаялде виччазе вугин, рокъоса бачIунеб ретIелгун квен-тIехги дихъе кьезе бугин, гIагаралгун вихьизеги тезе вугин, амма гьелъухъ дица дида цадахъ жанив тIамун вугев чачанасда тIасан гIараза хъвазе кколин. ГIарзаялдаги хъван букIине кколин бащдаб лъагIалидасан 18 соналъул болжал лъугIун къватIиве виччарав мехалда цIидасан рохьове вагьабиязде гъорлъе ине ракIалда бугин гьесдаян. Гьез малъараб гьабичIелъухъ гьале гьанже дунги гьевги жеги лъабго чиги тIамун руго изоляторалда».

Гьел рагIабаздалъун байбихьана жиндирго кIалъай Архангельскалъул туснахъазул цояда жанив тIамун вугев Багьавдин абулев васас.

please wait

No media source currently available

0:00 0:00:00 0:00
Интернет-мухъ

Гьесда цадахъ вугев чачанав Рамзан жанив тIамун вукIана 18 сонги кьун чачаназул тIоцебесеб рагъулъ гIахьаллъаралъухъин абун. Гьанже гьесул болжал ахиралде щолеб буго ва сентябралда гьев туснахъалъуса къватIиве виччазе ккола.

Багьавдин жанив тIамун вуго, гьес жинцаго бицухъе, Москваялда гьес абухъе, скинхедалгун букIараб тунка-гIусиялдаса хадуб микьго сонги кьун. Гьес кьвагьарав пневматикияб таманчаялъул гулла лъурун ун буго, гьесул рагIабазда рекъон, гьелгун рагъизе ккаразда цадахъ йикIарай ясалъул ботIрода. Гьей азарханаялдецин ячине ккечIин, травмпунк абулеб бакIалда йод бахун тIаса кколеб ругъун батанин гьелъул гьебин бицана Багьавдиница.

Жиндие къотIизе кколеб букIанин хулиганлъи гьабуралъухъин абун туснахъалъул бищун цIикIкIун кIиго сон, жийго диванчIужуялъцин абулеб букIанин байбихьуда гьедин, амма хадуб статьяги кьваризабун, гьей яс чIвазе къасд гьабулеб букIанин жинцаянги абун, жиндие микьго сон кьунин бицана гьес. Гьелде тIадеги цевеги цо соналъ Дагъистаналда туснахъалъув вукIарав вукIиналъги жиндие тамихI къотIулаго бигьалъи гьабичIин бицана гьес. Багьавдиница гьанжеялде туснахъалъуб бан буго ункъгогIан сон.

Гьездаго цадахъ туснахъалъув вугев цоги магIарулас жиндирго чехь бихъун букIана магIалъ чанго анкь цебе.

please wait

No media source currently available

0:00 0:00:00 0:00
Интернет-мухъ

«БичIчIулеб буго, туснахъазда ругел гIадамал, аслияб куцалда, гьарурал такъсиразухъ гьенир ругеблъи, амма гьел хутIулел руго нилъер улкаялъул гражданаллъун ва къануналъ рихьизарурал ихтиярал гьезиеги гIахьалал руго, гьездаго гьоркьоб медициналъул кумек щвезе, гIагарал рихьизе, диниял тадбирал тIоритIизе ругел ихтияра»,-гьедин лъазабун буго информалатазе Хеда Саратовалъ. Гьей ккола «Объектив» абулеб информациониябгун-аналитикияб агентлъиялъул нухмалъулей.

«Жанир тIамуразул ва хасго Шималияб Кавказалдаса гIадамазул ихтиярал хвезарулел руго, гьел дандчIвалел руго туснахъазул нухмалъиялъул рахъалдасан балъго гьабичIеб национализмгун ва гьезул диналдехун рокьукълъигун»,- гьедин абулеб буго нахъеги Саратовалъ.

Гьелъулго рагIаби тасдикъ гьаруна Дагъистаналдаса адвокат УчучIалиев МахIачицаги.

ГучучIалиев МахIач: «Нижехъе адвокатазахъе гIемерал рачIуна гьединал хIужабазда тIасан консультациял гьаризе гIадамал. Гьелъ дида лъала Россиялъул туснахъазда Кавказалъул республикабаздаса, хасго Чачаналъа ва Дагъистаналдаса чагIазе тIадецуй гьабулеб букIин. Гьебги тамихI гьабулеб буго гIиси-бикъинаб багьана бикIун.
БатIалъи гьабичIого Россиялъул туснахъазда кибго бугеб жо буго гьеб. Карцералде рехун гIакъуба кьола гIиллаго гьечIеб бакIалдаги».

ЭР: Гьединаб бакIалде ккарал чагIазе кумек гьабизе кинаб букIаниги рес букIунищ инсанасул ихтиярал цIунулезул, адвокатазул, республикабазул нухмалъулезул?

ГучучIалиев МахIач: «Республикабазул нухмалъулел гьелде регIун рукIунаро, гьелъул миллатги гьез гьабуларо. Адвокатаз щибха гьабилеб. Туснахъалъул хIалтIухъабаз кинабго рекъезабун хъван букIуна гьениб. Масала, радал хал гьабулеб мехалда жидер хIалтIухъабазде данде кIалъанин, чанго нухалда низам хвезабунин рапортал хъван рекъезабула. Дида гIемер рихьана гьединал ишалги гIарзалги».

ЭР: Россиялъул рикIкIада ругел квачарал бакIазул туснахъаздаса Дагъистаналде яги гьелда аскIорегIан ругел туснахъазде рачине рес букIунарищ додинал чагIи?

ГучучIалиев МахIач: «Гьединаб хIаракатги бахъула гIагараз. Цо-цо бажарула, цо-цо бажаруларо. ГIемерисеб нухалда гьеб бараб букIуна Москваялда бугеб ТамихI тIубазабиялда сверун Федералияб хъулухъалъул нухмалъиялда».

ЭР: Жанир тIамун ругел бусурбабазул жеги гIарз букIуна диниял тадбирал жидеда тIуразе тIолел гьечIин абун.

ГучучIалиев МахIач: «Гьебги букIунеб жо буго, мун гьаниве мажгиталде вачIун гьечIин абулеб буго, болъон гьечIеб квен кьоларин, гьеб кваначIони, зулму гьабулин, как базе толарин бицуна гьез. Гьелъ рагъизе ккеялъул, жидерго бидулрихьиял къотIиялъул хIужабиги гIемер рукIуна. Цо-цоял кIола аскIорегIан ругел туснахъазде рачине, амма гIаммаб къадаралде балагьун гьел руго цо-цо кIи-кIи чагIи. Гьез жидецаго цо туснахъалъуса цогиялъе рачунел ругони, ритIула, жеги рикIкIал, квешал, квачал бакIазде».

ЭР: ГIага-шагаргогIаги Кавказалдаса Россиялъул туснахъазда чан чи вугевин абизе кIолищ дуда?

ГучучIалиев МахIач: «Гьеб буго абизе кIолареб жо. Гьеб статистика лъицаго гьабулеб гьечIо».

КIудияб ахIи-хIур бахъаризабун букIана 2012 соналда Копейскалда жанир тIамуразул дандечIеялъул акциялъ. Гьединго Калмыкиялда «ИК-1 Салын» абулеб туснахъалъубги ТIамихI ТIубазабулеб федералияб хъулухъалъул хIалтIухъабаз рухун хадуб кавказалъул республикабаздаса жанир тIамураз къотIун рукIана жидерго бидулрихьиял ва жеги чанго чияс жалго рухIизе къасд гьабун букIана.
Гьеб рехсараб хъулухъалъ жанир тIамурал рухиялъул хIужа нахъчIвалеб буго, амма гьел мукIурлъулел руго чанго чияс жидерго черхалъе зарал гьабун букIиналъе.

Жидеца хIаракат бахъулеб букIанин Багьавдин Дагъистаналда бугеб туснахъалде вачине, амма бажаричIин бицана гьесул эбел Хадижатица ва рехсана гьелъие букIараб гIилла.

Хадижат: «ЦIакъго хираго буго. ГIемераб гIарац абуна нижеда. Киса нижее гьеб? Багьавдинидаса гьитIинав кIиго вас вуго дир. Багьавдинил лъади цIакъ чIагояй яс йиго. Гьей уна гьесухъе щвезеги. Даимго дихъе ахIула Москваялдасан. Гьелъ бицун лъала дида дица Багьавдиние гьаниса битIараб хинаб ретIелги квенги кинабго гьесухъе биччалареблъи. Квачараб бакIалде жанибе хинаб ретIел биччангутIиялъул магIна щиб? Кавказалъул чагIи гьезие рокъулареблъи лъала, амма къваригIел гьечIел жалги гьарун данде щай разарулел? РетIел-квен бикъиялъул магIана щиб?»

ЭР: «Нужеца хIаракат абахъулеб букIинчIищ досие къотIараб хIкмуялда тIасан тIадехун бугеб диваналде гIарза кьезе?»

Хадижат: «Багьавдиние бокьун букIана, амма дица гьарун тезабуна. Щайгурелъул доба Россиялда Кавказалдаса чагIазе тамихI тIадеги кьваризабун гурони, чучлъизабулареб букIун. Дида гIемерал рагIана гьедин кьваризарурал тамихIазул бицунеб. Гьелъ, дагьалги тIаде сонал кьезегурин хIинкъун, дица гьарана гьесда хъвагеян гьеб гIарзаян».

Адвокат УчучIалиевас бицухъе, туснахъазда жанир гьарулел къануналде данде кколарел ишал далилаздалъун чIезаризе цIакъ захIмат букIуна, щайгурелъул, туснахъалъул хIалтIухъабаз цоцазул рахъ ккун, гьел ишазул кагътал цIакъ рекъезарун хъван рукIунелъул ва хIакъикъаталдаги иш кин букIарабали чIезабизе захIмат букIун.

Туснахъазул цIех-рех гьабиялда сверун халкъаздагьоркьосеб централъул ай ICPSялъул баяназда рекъон, Россиялда гIумру гьабулев щибав 100 000 чиясда гьоркьосан туснахъалда вуго 501 чи ва дунялалдаго гьезул къадаралъул рахъалъ Россиялъу кколеб буго микьабилеб бакIал.

http://ru.wikipedia.org/wiki/%D0%AI%D0%BF%D0%B8%DI%8I%D0%BE%D0%BA_%DI%8I%DI%82%DI%80%D0%B0%D0%BD_%D0%BF%D0%BE_%D0%BA%D0%BE%D0%BB%D0%B8%DI%87%D0%B5%DI%8I%DI%82%D0%B2%DI%83_%D0%B7%D0%B0%D0%BA%D0%BB%DI%8E%DI%87%DI%9I%D0%BD%D0%BD%DI%8B%DI%85
XS
SM
MD
LG