МагъчIваялъе рес

ГIумаров Докал цIияб видео


КIиго къо цебе YouTube сайталда кьун букIана Кавказалъул Имараталъул бетIерлъун живго лъазавурав Дока ГIумаровасул цIияб видео. Лъабго минутагун 40-гIан секундаялъул халалъи бугеб гьеб видео бахъун буго бусурбабазул шагIбан моцIалда.

Бицен гьабулеб видеоялда Дока ГIумаров вахъун вуго кидаго гIадин жигьадалъул чIегIерал байрахъазда цеве гIодов чIун. КвагIисеб рахъалда вуго гьесул «наиб» Аслан Байтукаев (Амир ХIамзат), кваранисеб рахъалда Амир Ислам абулев цо гIолилав.
Видеоялда ГIумаровас зигара балеб буго цо Чачанлъиялда гуребги Дагъистаналдаги, Гъалгъайлъиялдаги, Гъабардагун-Балкариялдаги чIварал гьесул рагъухъабазул гIагаразда.
ТIоцебе гьес рехсолеб буго Амир Адамил (МутIалиев Жамалил) цIар. ЯргъидгIуцIаразул гъалгъаязул гIаркьелалъул бетIерлъун вукIарав гьев чIван вукIана 21 маялда хасаб операциялда Назраналда гьес чIей гьабураб рукъ хасал хъулухъазул аскараз сверун ккураб мехалда.

МутIалиев чIваялъул лъазабун букIана 2012 соналъул январалдаги. Гьеб мехалда чанго къоялдасан официалиял тIадтараз лъазабун букIана гьев гурев, гьесулго гIадаб цIар бугев чи вукIанин чIванин. Амма гьаб нухалда гьев чIан вукIин тасдикъ гьабун букIана 26 июналда жалго яргъидгIуцIараз.

ГIумаровас бицен гьабулеб видеоялда рехсолел руго вацал Гакаевалги. Гьеб хъизан Шималияб Кавказалда къеркьолезул тарихалда хутIизе бугин абулеб букIана гьес.
ГIумаровасул кIиабилев наиб Гакаев ХIусейн ва гьесул вац чIван рукIана 2013 соналъул январалда.

http://www.rferl.org/content/chechen-insurgency-commanders-killed-gakayev/24887859.html

Гакаевазул ункъго вацазул кIигояв чIван вукIана рагъулъ 1994-1996 соназда, лъабабилев 2001 соналда, гьитIинав 2003 соналда. Гьезул яцазул цояй йикъун йикIана 2006 соналда ва гьелъул лъалкI тIагIана

http://th-caucasus.kavkaz-uzel.ru/articles/191428/?=%23

МутIалиев гIадин Гакаевал реццулел рукIинчIо ГIумаровас. Гьелъие гIилла букIине бегьула цоги лъабго командирасда цадахъ Гакаеваз 2010 соналда ГIумаровасе ритIухълъи цIунизе гьечIин лъазабун букIин. Доб мехалъ гьез ГIумаровасда гIунтIизабулеб букIана жалгун суалал дандрачIого жинцаго авторитарияб куцалда хIукмуял къабул гьариялъул гIайиб. Амма Гакаевас гьабураб ахирисеб лъазабиялдасан бичIчIулеб букIана гьезда гьоркьор рукIарал дагIба-рагIиял рагIалде рахъун рукIин.

Дунялалъул Афгъанистан, Пакистан, ГIиракъ ва Сомали гIадал цоги улкабаздаги «жигьадалъул нухда бусурбаби холел рукIиналдаги» жиндирго ракIбакъвай загьир гьабулеб букIана ГIумаровас.
Бицен гьабулеб видео гьеб буго араб соналъул ноябралдаса нахъе ГIумаровас гьабураб тIоцебесеб калам. Гьев кIалъачIого чIеялъ гьев чIаго вукIиналъул суалгицин букIана бижизабун цо-цо гIурус хъулухъчагIазул. Гьеб суал кIвар бугеблъун хутIулеб буго 2014 соналда Сочиялда тIобитIизе бугеб хасалил Олимпиала гIадахъ босани.
XS
SM
MD
LG