МагъчIваялъе рес

Ургъулеб буго коррупциялде данде цIияб хъулухъ


Гьал къоязда Россиялъул хIукуматалъ хал гьабулеб буго щибаб пачалихъияб идараялда коррупциялде данде къеркьеялъул хIалтIи гьабулев, хасав чиясул хъулухъ букIинабиялъул проект. Гьединаб хъулухъалъ Россиялда бугеб коррупция тIагIинабиялъе кIудияб кумек гьабизе бугин рикIкIунеб буго сиясатчагIаз, амма экспертал гьелда разигьечIо.

2015 соналъул 31 декабралдаса нахъе Россиялъул щибаб пачалихъияб идараялда цIияб хъулухъ букIинабиялда тIад хIалтIулеб буго Россиялъул хIукумат. ТIалъиялъе къваригIун буго щибаб идараялда хас гьабун коррупциялде данде къеркьолев чи хIалтIизе восизе. Гьеб идараялъул бетIер хисулесулалда бащадаб кIвар бугеб хъулухъ букIине кколин гьебилан лъазабулеб буго Россиялъул хIукуматалъ.

Улкаялъул хIукуматалъ, идарабазда гьеб коррупциялде данде къеркьолев чиясул хъулухъ букIине ккелин абураб къанун тадсикъ гьабуни, гьев чияс цохIо ккоррупциялде данде рагъбай гуребги, гIадамал хIалтIуде росиялъул суал мухIканго иналда хадубги халкквезе кколеб буго.

Дунялалъул цойгидал пачалихъазда гьоркьоб бищунго коррупция тIибитIаразда гьоркьоб буго Россия. Transparency International абураб цIех-рехалъул компаниялъул рейтингалда дунялалда бищунцIакъ коррупция тIибитIараб 20 пачалихъалъул сияхIалда гьоркьоб буго Россияги. Ахираб кIиго соналда жаниб цебеялде дандеккун 8% проценталъ гьеб коррупция дагьлъун бугин рикIкIунеб буго Transparency International ялъ. Дагьаб цебегIан «Есквайр» журналалъ гьабураб цIех-рехалда рекъон 8 соналда жаниб Россиялда кьолеб рищваталъул къадар I6 нухалъ цIикIкIун буго. Гьоркьохъеб гIагIидаялъ босани 2006 соналъ кьолеб ришват 9 азарго гъурщиде бахунеб букIун батани, 20I4 соналда гьеб I45 азарго гъурщиде бахунеб буго.

Дунялалда бищун коррупция гIемерал пачалихъазда гьоркьоб Россия батани, Россиялъул региоаназда гьоркьоб бищунго коррупция тIибитIаразда гьоркьоб бугин Дагъистанилан рикIкIунеб буго экспертаз.

Гьезул гIемерисез лъазабулеб буго Дагъистаналда захIматаб ахIвал-хIал букIиналъе бищун кIудияб гIилла бугила республкаялда тIегьан бугеб коррупцияйилан. Гьединлъидал цIияб хъулухъ ургъунин абун цо гьев чияс къезабулеб жо букIунарила коррупция, гьеб тIагIинабизе ккани пачалихъалъул гIуцIиго хисизабизе кколин рикIкIунеб буго экспертаз. Гьез абулеб буго Нилъер республикаялда рукIанила хадур цо-цо ккун къарал кагътида гурони гьечIел, бюджеталъул гIарац бикъиялъе гIоло рагьарал банкалги, гьаниб гIан кутакалда цIалулеб бакIазда коррупция бугеб бакI Россиялда кибниги гьечIила. Гьелъул хIасиллъун кколила берцинго гIурус мацIалъ кIалъанцин бажаруларел школлъималаз Пачалихъалъул цогояб экзаменги гьелъухъ бищун кутакал балал росулел рукIинги, азарханабаздаги, лъималазул ахакьги киса-кибего гIарац тIалаб гьабулеб букIингийилан абулеб буго экспертаз. Гьелде тIадеги гьеб коррупциялъ ккун бугин Дагъистаналда изнугьечIого яргъидгIуцIаразул багъа-бачарийиланги рикIкIунеб буго гьеб.

Гьел экспертазул пикру гIахьал гьабулеб буго «Кавказский Узел» сайталъул бетIерав редактор Григорий Шведовасги.

Григорий Шведов: «ИзнугьечIого яргъидгIуцIараз хIакимзабахъе «флешкабиги» реххун гьезухъа гIарац тIалаб гьабизе лъугьин бухьараб буго гьел рохьилазда хIакимзабаца гIемераб гIарац бикъулеб букIин бичIчIиялда. Сундухъниги балагьичIого, тIасанги гъоркьанги рекъезеги гьабун хIакимзабаз батIи-батIиял механизмалги ургъун бикъулеб буго бюджеталъул гIарац. Россиялда киса-кибего гIадин буго гьеб система, амма Дагъистаналда гьеб цIакъго тIибитIун буго. Гьедин хIакимзабаз пачалихъухъа бикъараб гIарац изнугьечIого яргъидгIуцIараз гьезухъа бахъулеб буго. Коррупциялъул хIасил ккола гьебги. Гьединлъидалин экспертаз абулеб бугеб коррупциялъги коррупциячагIазги ккун бугин Дагъистаналда изнугьечIого яргъидгIуцIаразул багъа-бачарийилан. Гьел рохьилазда бичIчIулеб батичIого букIине бегьула кин хIакимзабаз гьеб гIарац бикъулеб бугеб, Москваялда бугеб тIалъиялъе кIигIан гьез кьолебали, амма гьезда мухIканго лъалеб буго гьеб пачалихъалъул бикъараб гIарац букIин».

Гьелго экспертазул баяназда рекъон бищун цIакъ коррупция тIибитIараб бакIлъун ккола Дагъистаналъул жанисел ишазул идараби. Гьеб идараялда тIибитIун бугеб коррупциялъул бицун гIемер цеве вахъана низамцIунулезул махщалилаб цолъиялъул нухмалъулев Шамилов МухIамадги, полициялъу полковник СалихI ХIажиевги. Гьеб суал борхун гьез чанги митингалги, дандеруссиналги тIоритIана, Россиялъул телевидениялдасан кIалъазе рахъунги чIечIо гьел, амма жидер хIалтIул щибго хIасил ккечIин абулеб буго гьез. ТIалъиялъе данде ккечIогойилан абун щибго гIайиб гьечIев жинда хъулухъ тезабунила, ритIухълъи балагьизе лъугьиналъги жиндаго унти ккезаби гуреб тIокIаб пайда ккечIин абуна телефоналъ ХIажиев СалихIица гьеб коррупциялде данде къеркьолев чиясул хъулухъалъул хIакъалъулъ пикру цIехезе «Эркенлъи» радиоялъул мухбирас ахIараб мехалда.

РакI унтун азарханаялда вегизавун вугев полковник ХIажиевас абуна гьеб гьадингояб жо бугила гьеб коррупциялде данде къеркьолев чиясул хъулухъ, гьенивгийила жидеего данде кколев чи толила тIалъиялъ. Гьеб хъулухъалда гIадлу билълъинабулел чагIи толин абураб жоялда кинила жив божилев жидеца лъагIалида жаниб анцIгоялдаса цикIкIун нухалъ абун щиб хъван щиб тIалаб гьабунила Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул хал гьабизе хасаб комиссия битIейилан, амма цониги нухалъ битIичIила гьеб. Кинабго тIалъи цоцаца ккун бугила.

Ахираб соналда жаниб коррупциялъе гIоло ва бюджеталъул гIарац бикъиялъе гIоло хъулухъалдаса ратIа гьаруна Дагъистаналъул Табасаран, Гъаякент, Хъумторхъала, Хайдакъ мухъазул бутIрул. Гьезул кIигоял диваналда цере чIана, цойгидазул ишалда хурхун жеги цIех-рех унеб буго.

XS
SM
MD
LG