МагъчIваялъе рес

"Къуръаналъул таржама экстремистияб гуро..."


Краснодаралъул диваналъ 17 декабралда мекъаблъун рикIкIана Новороссийскиялъул диваналъ сентябрь моцIалда экстремистиялъун рикIкIара Эльмир Кулиевас гьабураб Къуръаналъул таржама. Шималияб Кавказалда ва хасго Дагъистаналда гьеб диваналъул процессалда хадуб кIвар кьун халккун рукIана.

Краснодаралъул диваналъ хIукму гьабуна Новороссийскиялъул диваналъ Эльмир Кулиевас гьабураб Къуръаналъул таржамаялда хурхараб къанун мекъаб бугилан. Гьаб соналъул сентябрь моцIалъ рехсараб диваналъ гьеб таржама экстремистияб литературалъун рикIкIун букIана ва гьукъараб литератураялда гъорлъе бачун букIана. Амма тIасияб даражаялъул диваналда, ай Краснодаралъул диваналда унеб букIана гьелда хурхун халгьаби. ТIолго Россиялда ва хасго Шималияб Кавказалда кIвар кьун ралагьун рукIана цIияб хIукму кинаб букIинебали. 17 декабралда диваналъ хIукму гьабуна цебеккун букIараб хIукму мекъаблъун рикIкIине. Гьедин бицана информалатазе адвокат Мурад Мусаевас.

Цебеккун Къуръаналъул таржама гьукъулаго диваналъ гьабураб хIукмуялда букIана, рехсараб таржамаялда ругин цо диналъул цогидазда тIад тIокIлъи бугилан хъван. Амма гIемерал политологаз ва экспертаз, живго адвокат Мурад Мусаевас бицунеб букIана диналъул тIокIлъиялъул бицани, гьеб гIайибги гIунтIизабун киналго диниял тIахьал гьукъизе бегьулин, Библиялдасан байбихьун. «ЖугьутIаз рикIкIунеб буго жал цоги миллатаздаса тIокIал ругин, гьелги гьукъизе ккелаан»,- абун хъвалеб буго гьес жиндирго блогалда.

Гьединалго пикраби загьир гьарулел рукIана Дагъистаналдаса батIи-батIиял гIалимзабаз ва жамгIиял хIаракатчагIаз. Къуръаналъул таржама гьукъиялда сверухъ кинаб пикру бугилан цIехана «Эркенлъи» радиоялъ «Дагъистан ракълил ва рагIи данде ккеялъул территория» абураб жамгIияб гIуцIиялъул вакил, философиял гIелмабазул кандидат Зухумов Зухумида. Гьес бицана кинабго гьеб ахIи-хIур бараб бугин тIолгороссиялда бугеб исламалда данде чIараб пропагандаялъул хIасил.

Зухумов Зухум: «Киса-кибего улкаялдаго исламалда сверухъ ахIи-хIур бахъинабулеб мехалъ, гьединал, Къуръаналъул таржама гьукъи гIадинал гъалатIал ккечIого хутIизе рес гьечIо, дица гьелда гIажаиблъиги гьабуларо. Халгьабеха кигIан ахIи-хIур букIараб хIижабалда сверухъ, рукIана цо-цо, тIолгодунялалда цIар рагIарал, киса-кирего цIалулел исламиял тIахьал гьукъиялъул хIужабиги. Балагьараб мехалда, гьеб гьукъулел чагIазулъ буго цо сундаса бугониги хIинкъи. Гьединаб ахIва-хIалалда, улкаялдаго цензураялъул жаваб кьолел чагIаз гъалатIал гьаричIого хутIулел гьечIо.

Улкаялъул кверщел кодосел чагIи хIинкъун руго киса-кибего ислам тIибитIиялъ ва Россиялда гьелъ кинабго гIумруялъулъ цIикIкIун бакI кколеб букIиналъ. Щайха гьеб хIукму хисараб ва нахъеги гьеб таржама биччараб абун цIехани, гьаниб бихьулеб буго нилъер нухмалъи цо хIалалъ чIезе кIолеб гьечIолъи. Цояб рахъалъ гьез кIвар кьолеб буго магърибалде, цогидаб рахъалъ абуни, гьединал жал кIвар кьечIого толел гьечIо исламиял хIаракатчагIаз. Диваналде гIарза хъван, информалатаздаса ва цоги батIияб къагIидаялъ тIадецуй гьабун жидерго ихтиярал цIунулел руго. Гьезухъги гIенеккизе кколеб буго политикияб нухмалъи».

Къуръаналъул таржама гьукъиялда данде къеркьолезул цояв вукIана «РАПСИ» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб централъул нухмалъулев Тугушев Равиль. Гьес тIоцебе гIарза кьун буго Краснодаралъул диваналде рехсараб хIукмуялда хурхун. Гьесул рагIабазда рекъон, Новороссийскиялъул диваналъ таржама гьукъиялъул хIукму къотIулаго чанго гъалатI гьабун буго. ТIасияб даражаялъул диваналъ гьесул рахъ ккун буго.

Дагъистаналъул динияб идараялдасан гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун баян щвезе кIвечIо «Эркенлъи» радиоялда. Гьениб бицана Къуръаналъул таржама гьукъиялъул хIакъалъулъ бицине кIоларин жидеда, гьеб бугин Россиялъул бусурбабазул данделъиялъ роцIцIунеб суал, гьенисан босеян абуна баян.
XS
SM
MD
LG