МагъчIваялъе рес

КIалазда кIулал ралев Россиялъул бахIарчи


Къадиров Рамзаница "гIадлу" гьабулеб буго иргадулал "гIайиб ккаразе". Грозный, Ноя2015
Къадиров Рамзаница "гIадлу" гьабулеб буго иргадулал "гIайиб ккаразе". Грозный, Ноя2015

Чачанлъиялда тIалъи какаразе "гIадлу" гьабиялда данде Венаялда митинг тIобитIаразул гIагаразеги "гIадлу" гьабизе бугин лъазабун буго Къадировас.

24 декабралда Венаялда митинг тIобитIарал чачаназул гIагаразе ватIаналда гIадлу гьабизе бугин лъазабулеб букIана Чачаназул нухмалъулев Къадиров Рамзаница интернеталда тIибитIун букIараб видеоялда. Амма хадуб гьеб гьениса билана.

Венаялде лъутарал ва гьениб гIумру гьабун ругел чачаназ тIобитIун букIараб митингалда гIахьаллъаразул цо-цояз Эркенлъи Радиоялъул чачан хъулухъалъе бицун букIана жал къватIире рахъиналъе гIилла бугин жидер ватIаналда гIадатияб халкъалъе гьабулеб бугеб зулмуйин. Нагагь тIалъи какизе ракIалде ккарав чиясде гьениб гьабулеб тIадецуялда ва гьев чи гIантав вугин лъазабизе гьесул гIагарал тIамулел рукIиналда жидер разилъи гьечIолъи загьир гьабизе гьеб митингалде вакIарун вукIана лъималгун руччабигун 200 гIан чи.

Минигалда бицараб уяблъун гьабулеб иргадулаб хIужа кканин абизе бегьула Грозныялда гьал къояздаги. Жиндехун видео-хитIаб гьабурав иргадулав чи жого гурев жо вугин абулин гьесул гIагаразин лъазабуна чачаназул нухмалъулев Къадировас.

Къадиров Рамзанил къоял лъугIун ругин абураб магIнаялъул видео баккун букIана гьал къоязда социалиял сайтазда ГIалихIажиев АхIмад абулев чиясул цIаралдасан. Гьелда хурхун Къадировас гьал къоязда федералиял ва бакIалъул журналистазе Грозныялда кьун букIана пресс-конференция.

«Гьел гIадамаз цин абула ракIалде бачIарабщинаб, хадур рачIуна тIаса лъугьин гьарун. Киналалиго хасал хъулахъаз яги идарабаз тIамунин жал гьадинал жал рицинейинги абун. Жакъа гьаниб нилъеца бицине кколеб жоцин гуро гьеб, амма гьел чагIаз гьединал жал рицунел руго жал чачаналинги абун»,- ян абулеб букIана Къадировас.

Гьес жеги абуна: «Рокъовеги вачIун жиндирго ватIаналъе щиб букIаниги пайдаяб жо гьабуни лъикIаб букIинаан гьесие. Гьесул гIагаралги гьес гьабулеб жоялда тIад рекъон гьечIо. Гьез абула гьесул я дин гьечIин, я дунялалъул бичIчIи гьечIин. Гьев вуго жого гурев чи. Гьеб цогияздаги бичIчIчизе буго жинца цебе бицараб гьереси букIанин абун цоги видео хъвазе гьев жуварав мехалда»,-ян

Къадировас жеги абулеб букIана жив вахчун гьечIин, живгун кIалъазе хIатта жив чIвазе къваригIарав чиясул гьединаб рес бугин.

Амма гьанибго абизе ккола, живгун ракI рагьун кIалъай гьабейин, дуе кьезе суалал ругин жиндирин гьесухъе рагьараб кагъат хъварав журналист Илья Яшиние Къадировас жаваб кьун букIинчIолъи. Гьес гIицIго социалияб сайталда бугеб жиндирго гьумералда хъван букIана Яшинил хIакъалъулъ «Кепав жо вуго гьев»,-ян.

Iадехун бицен гьабураб митингалдаса видео (магIарул мацIалде буссинабураб).

Вена: чачаназул протест
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:33 0:00

XS
SM
MD
LG