МагъчIваялъе рес

Шамилил Имамат: Хlакъикъат ва маргьу


Имам Шамиль
Имам Шамиль

Имам Шамилил Имамат зиянго гьечIеб пачалихъияб нухмалъи гIуцIиялъул мисаллъун букIанин бихьизабизе хIаракат бахъулеб бугин гьанже, амма гьеб гьединаб букIинчIин ва хIакъикъат кинаб букIарабали кIочене бегьуларин рикIкIунеб буго машгьурай тарихчIужу ТахIнаева ПатIиматица.

ТахIнаева ПатIимат: «Жакъаги гIемер бицуна имам Шамилил. Шамилил нухмалъиялда гъоркь Кавказалда букIараб багъа-башари халкъалъул эркенлъиялъе гIоло букIараб бугин аби мекъаб буго. Гьеб буго Советияб заманалъулаб калам. ХIакъикъаталдаги гьеб букIана диниябгун политикияб багъа-башари. Кин бицине бегьулеб халкъалъул эркенлъиялъе гIоло бугеб багъа-башариялъул тIоцебесеб би Дагъистаналда гIодобе тIураб ва гьелъие гIиллалъун реформабазул рагъ букIараб мехалда? Гьелде тIадеги Имамат мугIрузул Дагъистаналдаги, ГIандиги, Чачанлъиялдаги, Гумбеталда ва жеги цо-цо муъазда гурони букIинчIеб мехалда. ХутIараб бутIа Имаматалде гьоркьобе унеб букIинчIо. Гьебги гьенир гIурусазул хучдул рукIиналъ гуреб, Шамилил рахъ халкъалъ кколеб букIинчIолъиялъ. Гьединлъидал, халкъалъул экренлъиялъе гIоло абулеб мехалда- ургъизе ккола.

Дида абула-нилъ Халифаталда рукIинчIелъул ва рагъ капуралгун кIигьумерчагIазде данде гьабулеб букIанин абун. КIигьумерчагIиян абулеб букIана живго Шамилицаги Къарахъа МухIамадицаги. Гьедин гьез абулеб букIана капураз контроль гьабулел территориязда гIумру гьабулел гIадамазда. Гьедин хъвалеб буго гьезул кагътазда».

ПатIиматил баяназда рекъон, Дагъистаналда Имаматалъул заманалдаги гьелдаса хадубги букIана лъагълъи.

ТахIнаева ПатIимат, Maхlaчхъала, 20Июн2012
ТахIнаева ПатIимат, Maхlaчхъала, 20Июн2012

ТахIнаева ПатIимат: «Дагъистаналда Шамилил заманаялда демократияб жамгIиятги букIанин, лагълъиги букIинчIин абураб жо гьеб буго цебего чухIараб аргумент. Дагъистан букIинчIо эркенаблъун. Гьенир рукIана шамхаллъиялги, ханлъиялги, уцумиялги. Гьенир рукIана лагъзалги чияе хIалтIулел рекъарухъабиги. 1861 соналда Россиялда лагълъи нахъе бахъараб мехалда Дагъистаналда рагъ лъугIун букIана ва гьанибги байбихьана лагъзал эркен гьаризе. Амма 1865 соналда Дагъистаналъул икълималъул нухмалъулес хъвараб рапорт бихьана дида. Гьес хъвалеб буго Дагъистаналда лагълъи гьечIин ва щуазаргоялдаса цIикIкIун лагъ тархъан гьавун вугин. Гьеб буго официалияб документ. Гьебго заманаялда 1886 соналда гьабураб гIадамазул хъвай-хъвагIаялда бихьизабулеб буго росу-росуккун пуланав чиясул цIар ва дандбитIун-узден яги лагъ абун. Гьеб мехалдаги рукIана Дагъистаналда лагъзал.

Имаматги букIана шаригIат жаниб билълъараб пачалихъ. Лагълъиги Къуръаналда рекъон гьукъун гьечIо. Лагъасдехун лъикIаб бербалагьи букIине кколин ва гьев эркен гьавиялъе нухалги ралагьизе кколин абуралъул бицунеб гьечIо. Лагълъи букIана. Имам Шамилилги рукIана лагъзал».

Исламалда лъагълъиялъе кьолеб бакIалъул нижеца цIехана Каиралда «Аль-Азхар» университет лъугIарав ва исламалда хурхарал суалал лъикI лъалев чилъун рикIкIунев Къебедов ГIаббасида.



please wait

No media source currently available

0:00 0:06:14 0:00
Интернет-мухъ

Шамилил лагъзал рукIараблъи бихьизабулеб цониги документ жиндаги дандчIвачIин бицана Эркенлъи Радиоялъе Имам Шамилил заманаялъул цIех-рех гьабулев ва гьеб заманаялда хурхун чанго тIехь хъварав тарихчи Дадаев Юсупицаги.

Дадаев Юсуп: «Шамилица байбихьана тIоцебе Кавказалдаго лагъзал тархъан гьаризе. Гьедин букIана Хундерил ханлъи Имаматалде гьоркьобе араб мехалдаги, гьес гьединго тархъан гьаруна росабалъ рукIарал лагъзалги, кьуна гьезие эркенлъи, ращат гьаруна киналго. Ханзабазул бакIазда абуни, Гъази-Гъумекиб, Шамхаллъиялда доба, узухъда, лагълъи букIана. Шамилица 25 соналда жаниб жиндирго пачалихъалда лагълъи тIагIинабун букIана. Живго Шамилил лагъзал рукIин бихьизабулеб документги дида цонгиги дандчIвачIо».

XS
SM
MD
LG