МагъчIваялъе рес

Ибрагьим Гамард: "Дун бусурбанчилъун цевеги вукIана, амма дида гьеб лъалароан"


Мавлави тарикъаталъул шайих Цолъарал Штатаздаса доктор Ибрагьим Гамард.
Мавлави тарикъаталъул шайих Цолъарал Штатаздаса доктор Ибрагьим Гамард.

Дагьалъ цере Америкалъул Цолъарал Штатазда къватIире риччан руго Мавлави тарикъаталъул шайих Цолъарал Штатазул Калифорниялда гIумру гьабулев Ибрагьим Гамардица ингилиз мацIалде руссинарурал Жалалудин Румил киналго рубайал. Гьелдалъун гьес рагIалде бахъинабуна Магърибалъул цIар арал гIалимзаби Артур Арберрица, Анне Мари Шимелица ва цогидаз байбихьараб хIалтIи.

Бегьулищ абизе Магърибалъул гIалимзабаз Жалалудин Румил асаразе чанги нухалъ кIудияб кIвар кьолеб бугин Машрикъалъул, хасго бусурбан улкабазул гIалимзабаз кьолеб букIиналдаса? Гьаб нижер тIоцебесеб суалалъе Ибрагьим Гамардица жаваб кьолеб буго:

Гамард: «У, гьадин абизе бегьула. Дица гьадинаб мисал бачун букIана: турк мацI хехго хисун букIиндал гIемерал гIадамазда гьанже кIоларо цере руссинарун рукIарал Жалалудин Румил асарал цIализе ва бичIизе. Хасго гIолохъанаб гIелалда. Щай гурелъул доб некIсияб турк мацIалде парс ва гIараб мацIазул гIемерал рагIаби гъура-журан ругелъул. Ва гьел рагIаби гьаб нилъер заманалда хIалтIизаруларо. Босе Апгъанистан – гьениб анцI-анцI соналда жаниб халат бахъунеб рагъул шартIазда лъай кьеялъул система тIубанго биххун буго, гьелдалъун шигIраби цIалулел гIадамазул къадарги дагьлъулеб буго.

Ва дида ккола Гьиндустаналъулги Пакистаналъулги мактабазда парс мацIалъул дарсал жакъа дагьлъизарун ругин. Амма гьадин бугониги, Жалалудин Румил асарал Ираналда гIадамаз цIалула ва гьезие тIадегIанаб къимат кьола. Тажикистан, Бухара, Самарканд гIадал бакIазда бугеб ахIвал-хIалалъул дида лъаларо, амма дир хIисабалда добаги Румил асаразе кIудияб къимат кьола гIадамаз гьанжелъазагIан. ГIараб улкабазул бицани гIасрабазда жаниб Жалалудин Румил асаразде кIудияб кIвар буссинабун букIинчIо «Маснави» гIараб мацIалде буссинабун букIаниги ва гIарабалъ Жалалудин Румица гIемерал шигIраби хъван рукIаниги. Гьезул хIакъалъулъ жакъа гIараб улкабазда щибниги лъалароян абизе бегьула.

Цолъарал Штатазда ругел бусурбабаздехун цо-цо гIадамазул квешаб бербалагьи бижун баккун бугониги, ислам дин гьениб хехго цебетIолеб буго. ЦикIкIунеб буго Тасаввуфалда хурхараб интерес. Амма гIемерал гIадамазда тасаввуф, ай тарикъат бичIула Исламалдаса батIа чIараб динияб гIелму хIисабалда. Нужеда лъалеб батила Централияб Азиялда, Африкалда ва Гьиндонезиялда Ислам дин тарикъаталъул къагIидаялъ тIибитIизабун букIараблъи. Ва гьеб букIун буго тасаввуфалъул тамахаб къагIида. Хадуб гьениб тIад чIезабун букIана Ислам диналъул гIадатияб къагIида.

Цолъарал Штатаздаги жакъа руго тасаввуфалъул гьединалго гIодоре риччарал багъа-бачариял американиязул рекIее гIолел. Гьале гьаб буго аслияб гIилла Жалалудин Румил шигIраби гьенир машгьурлъун рукIиналъе. Гьел шигIрабазул таржама дурусаб гуро, битIараб гуро, ва гьел цIалулаго гъозда ккола Жалалудин Руми исламалъул шагIир гурин, гьев вугин пуланаб сихIрудул гIелмуялъул вакилин. Хасго гьеб сабаблъун «Руми ва Ислам» абураб дир тIехь гIемераб гуреб къадаралда гIадамаз бичун босун букIана Америкалда.

Дица гьеб тIехалда рехсана Румица МухIаммад авараг (Саллаллагьу алейгьи ва салам) веццулел цо-цо шигIраби. ГIемерал американиязе Руми вокьула гьес Зодил Рокьи рухIияб гъира-шавкъалъ кIодо гьабун букIиналъухъ, амма гъозие бокьун гьечIо гьев бусурбанчи хIисабалда вихьизе. Ялъуни гьес гьев гьединавлъун вихьула гьеб хIужаялъе кIудияб кIвар кьечIого.

Гьединлъидал абизе тIадаб буго Жалалудин Румил асаралгун тIахьал гьенир Америкалда хехго ричулел руго Ислам диналъул минималияб ва пуланаб сихIрудул гIелмуялъул максималияб асар гьезулъ бихьизе бокьун букIиндал. Амма исламиял партиязе кIудияб кIвар кьоларел американияз Жалалудин Румил тIахьал цIалулаго лъазарулер руго Ислам диналъул гIадатиял къиматал ва гьелъул гIакълу».

ЭР: Ахирал соназ Шималияб Кавказалъул республикабазда, хасго Чачанлъиялда ва Дагъистаналда нижеда бихьула гьадинаб хIужа: бакIалъулал хIакимзабаз тарикъат лъазабун буго официалияб пачалихъияб динияб малълъилъун. Ислам диналъул цо-цо гIаркьелал гьенир гьукъунги руго. Тарикъаталъул шайихзаби ва мажгитазул имамзабазги тIадтаразул рахъ ккун, гъозие политикияб кумек гьабулеб буго. Тарикъаталде гьеб данде кколебищ кколаребищ?

Гамард: «Гьелъул хIакъалъулъ дагьаб гурони тIокIаб лъаларо дида. Дида ккола гIадатияб Исламалде данде чIолел бусурбан улкабазул тIадтараз исламиял гурел пачалихъазул тIалаб тIубазаби мурадалда нус-нус соналда жаниб бусурбабазул уммат кIибикьулаан – гьел руго лъикIал, дол руго квешал бусурбаби, ян абулаго. Гьадинабго къагIидаялъ сиясатчагIазги халкъ кIибикьула – мискинал бечедазде, шагьаралъул гIадамал росдал гIадамазде, суфиял гурел тарикъатчагIазде, суннитал шиитазде, Палестина хвасаргьабиялъул гIуцIи – ХIаммас гIуцIиялде гьусулаго.

Дида цIалун батана гьадинаб хIужа: Америкалъул цо-цо университетазда хIалтIулел ГIагараб Машрикъ лъазабулеб гIалимзабаз америкалъул хIукуматалъе гIакълу кьолеб букIана Апгъанистаналда суфиязул гIуцIабазе квер бакъи гьабеян, щай гурелъул гъозул хIисабалда суфиял кколин исламистазул дандиял. Амма гьеб буго гIисинаб лъимералъул пикруялда релъараб бербалагьи. Бусурбабазул цогидаб умматалъул вакилзаби гIадин суфиялги бусурбаби гьечIищха?

Цогидал жамгIиятазул бусурбаби гIадин суфиялги руго консервативиялги, либералиялги. Бусурбабаз биччан тезе кколаро жал цоцазде данде гIуссинари. Суфиязги биччан тезе кколаро жал цогидал бусурбабазде данде чIезари. Гьелъул бакIалда гьезда тIадаб буго Ислам диналъул къиматал цIунизе ва гьел тIиритIизаризе Аллагь ракIалде швезавулаго, зикру гьабулаго, гIорхъолъа рорчIарал тIалабал нахъ чIван».

ЭР: Дуца Ислам дин босана 1984 соналда. Щиб гьеб дурго хIукмуялъе гIиллалъун ккун букIараб?

Гамард: «Дие тарбия щун буго ГIисал диналъул хъизаналда. Ва дир божилъи щулалъизабун букIана Инжилалдаса гьале гьединал рагIабаз «Йа Рабби, дир гуреб – дур хиял букIа!» ПалхIасил дун бусурбанчилъун цевего вукIана, амма дида гьеб лъалароан, дида гьеб лъана хадуб, заман арабгIан. Гьелдаса нахъе дица коллежалда байбихьана тасаввуфалъул гIелму лъазабизе. Цо чанго сон ун хадуб батIи-батIиял рухIиял гIелмаби лъазарулеб мехалда дида бичIчIана бищун кIудияб дир интерес баккун бугин суфизмалде. Амма доб заманалда дида лъалеб букIинчIо – суфизм Исламалъул балъгояб лъай бугеблъи.

АнцIго соналда жаниб гьеб гIелму лъазабулаго ахир-къад дида бичIчIана хIакъикъиял суфиял унго-унгоял бусурбаби ругин. Ва суфилъун вахъине кIудияб гъира бугев дида бичIана дица Ислам дин босизе кколеблъи. Дица къабул гьабуна Ислам дин ва хехго ругьунлъана какал разе. Парс мацI цебего лъалев дица гьединго Къуран цIализе гIолеб къагIидаялда хехго лъазабуна гIараб мацIги».

ЭР: Мун ккола гIемерал тIухьдул хъварав гIалимчиги, 2007 соналдаса байбихьун Мавлави тарикъаталъул шайихги. Бегьулеб батани – дурго рухIияб хIалбихьиялъул бице?

Гамард: «Гьеб бугоха дир напсияб иш, амма дица гьадин абила. Къоялъ щуцIул как бай кIванагIан гIемераб нухалъ рекIелъ Аллагьасул цIарал рехсей, хадуб Мавляна Румил шигIраби цIали, дирго хасаб интернет сайталда тIад хIалтIи гьаби, ва гIарабалъ Къуран цIали, Къуран ахIулезухъги гIинтIами».

ЭР: Мавлави тарикъаталъул шайихасул цIар кьеялъул тадбир кин тIобитIулеб?

Гамард: «Гьеб букIана чанго этапалъул тадбир. ТIоцебего дун вачIун вукIана Истанбулалде Мавлави абулеб тарихияб централда букIараб данделъиялда гIахьаллъи гьаби мурадалда. Гьеб мехалъ дихъе телефоналъ ахIун, дида лъазабун букIана Мавляна Жалалудин Румил умумузул къоло кIиабилеб наккудул ирсилав разилъанин дун Мавлави тарикъаталъул шайихлъун лъазавизе.

Истанбулалде хадусеб сапар бухьулеб мехалда дихъе рохалилаб тадбиралда кьун букIана нижер цевехъанас гъулбасараб ГIусманиязул некIсияб къагIидаялда хъвараб шагьатнама – иджаза – дун шайихасул цIаралде мустIахIикълъун вугин абураб. Дица тIад ретIана чIегIераб гIаба. Накказадги цоцаде данде чIун рукIана ниж. РухIияв цевехъанас цIалана Къуранил цо-цо аяталги, турк мацIалъ гьабуна дугIаги. Хадуб гьес дир ботIрода тIад лъуна чалма. Рахъана суратал, ва байбихьана гьитIинаб байрам.

Лъабабилеб нухалъ Туркиялде сапар бухьулаго дун вачIун вукIана Конья шагьаралде. Гьеб букIана Рамазан моцI. Мавлави тарикъаьалъул гIадат буго гьаб хирияб Рамазан моцIалда шайихзаби гьенире I8 коялъ рачIине. Дир чалма анцIго къоялъ тIамун букIана Мавлана Жалалудин Румил табуталда тIибитIизабураб пардавалда гъоркье Мавлян Жалалудинил баракат рештIи мурадалда. Хадусала дица гьаруна цо-цо гIадатиял тадбирал, мисалалъе Мавлянал табуталда сверухъ чIабар бацIад гьабуна».

ЭР: Мавлави тарикъаталъул вацлъиялъул некIсияб къагIида хисанищ гьаб нилъер заманалда нус-нус соналъ цебе букIаралде данде ккун?

Гамард: «Хисизеги хисана, батIалъиги кIудияб буго. ГIусманиязул къайсарлъиялда нус-нус соналда жаниб пачалихъалъ тIубараб квербакъи гьабулаан Мавлави тарикъаталъе. 1925 соналда ГIусманиязул къайсарлъи биххун, цIигIуцIараб Туркия Республикаялъул тIадтараз лъазабуна суфиязул киналго гIуцIаби къануналде данде кколареллъун. Мавлави тарикъаталъул вацлъиялъухъа киналго минаби ва буголъи нахъе бахъун букIана.

1953 соналда турказул хIукуматалъ изну кьун букIана Мавлави тарикъаталъул зикру бачине, амма динияб гуреб – маданияталъул кьурди хIисабалда, Туркиялдде рачIунел туристазде бихьизабизелъун. Мавлави тарикъаталъул шайихзабийн хIалтIулаан балъгояб къагIидаялда, ва гьеб гьезул хIалтIиялда абулаан – гьеб бугин маданиял центразул хIаракатчилъи. Гьелдалъун Мавлави тарикъаталъул гIадатал загIиплъизарун рукIана ва суфиязул гIуцIаби жакъаги гьукъарал руго Туркиялда».
XS
SM
MD
LG