МагъчIваялъе рес

Эркен гьаруларел харачIиселги гендерие кьурал номералги


Генуб
Генуб

Чанго къоялъ цере туснахъ гьарурал Унсоколо мухъалъул ХарачIиса гIадамал рухулел ругин ва жидеда гьел рихьизе толел гьечIин ахIи балеб буго гьезул гIагараз. Щугоялги риччан, жеги щугоги чи хутIун вуго туснахъалъув.

Унсоколо мухъалъул ХарачIи росдал гIадамаз ахIи балеб буго инсанасул ихтиярал цIунулезде.

Гьез гьарулеб буго аскарияз жидер гIадамазул ихтиярал хвезарулел рукIиналде кIвар кьеян. Гьелъул хIакъалъулъ адвокат НурмухIамад НурмухIамадовас бицана 20 ноябралда «Черновик» газеталъул редакциялда жамгIиял хIаракатчагIазул букIараб данделъиялда. Хас гьабун абуни, чанго къоялъ цере полициялде рачун арал росдал мажгиталъул дибирасулги, будунасулги, бегавуласулги, жеги кIиго гIолохъанчиясулги. Эркен гьавун вуго гьезда цадахъго жанив лъун вукIарав школалъул директор.

Туснахъалда ругел харачIисезул цояв ккола мугIалимлъун хIалтIулев, 19 сон барав ШагIбан МухIамадханов. Гьесул эмен Сагьло МухIамадхановас ЭР-ялъе гьадин бицана гьелъул хIакъалъулъ.

Сагьло МухIамадов: «Туснахъ гьаруразде гIайиб гIунтIизабизе хIужаби кквезе щоларого руго низам цIунулел. Диван гьабизе ккола гьезие кватIичIого. Гьелдаса хадур къватIирейищ риччазе ругел, жанирищ чIезаризе ругелали лъазе толеб гьечIоха жеги. ГьанжелъагIан гIагарлъиялда рихьизеги течIо гьел гьел. Кир ругелалиги лъалеб букIинчIо. Буйнакскиялда ругилан рагIун, энире ана, ратичIо. Хадуб баянлъана гьел Шамилхъалаялъул полициялда рукIин. Кьабунги руго гьел. Дибирасдагицин гьурмада гIужал лъун рагIула. Гьединлъидал гьел гIужал тIагIинегIан рахчулел ратилаха полициялъ нижедаса гьел.

15 ноябралда аскарияз сверун ккун батана нижер мажгит. Гьедин гьез байбихьана рузманалдаса вахъун вачIуневщинав чиясул халгьабизе. Цо-цо ккун цIаралги рехсон риччалел рукIана къватIиреги. Гьеб мехалда росдал бегавуласги, школалъул директорасги, дибирасги, цогидазги абунаха аскариязда гьаб ахIи-хIур гьабичIого тезе бегьуларищин мажгиталда аскIоб. Гьедин кIиябго рахъалда гьоркьоб кIалъайги ккун, рачун ана росуцоял».

ХарачIиго гIадин, Унсоколо мухъалъул цогидал росабалъги руго низам цIунулез лъурал постал. Масала, Генуб. Терроралда данде чIараб операция гьениб исана ихдал лъазабун букIана. Амма ахиралде гьеб щваниги, низам цIунулел гьениса нахъе унел гьечIин, тIадежоялъе росулъ вугев щивав чиясе гьез номерги кьун бугин, гьелда рекъон гьабулин низам цIунулез росулъе унесулги къватIиве вачIунесулги хъвай-хъвагIайин бицана ЭР-ялъе Генуса МухIамад абулев чияс.

Генуса МухIамад: «СияхIги кодор ккун рачIуна аскариял. Дица абула «три девятки минус восемь» йилан. Паспорт босизе гIурав жив-жив чиясул буго номер».

Аскарияз жидер росдае гьабулеб тату бахъиялъул гьадин бицунеб буго МухIамадица.

Генуса МухIамад: «ХIалтIудеги кватIула, ине ругеб бакIалдеги кватIула. Гьанже къаси сагIат 11 тIубазегIан гурони риччаларо росулъе. Гьелдаса хадур Временный поселокалде ине ккола сордо базе».

Аскарияз пост анкьго батIияб бакIалда лъун бугин бицана гьев чияс. Амма аскарияз сверун ккуниги, росулъ буго гIадатияб гIумруги. Масала, щибаб хамиз къоялъ гьениб лъолеб буго Азербайжаналдаса гIунтIунги даранчагIи ракIарулеб кIудияб базар.

XS
SM
MD
LG