МагъчIваялъе рес

«Такъсиразул цо процент гурони «рохьилазул» гьечIо»


Шималияб Кавказалда сверун эксперт Лиз Фуллер
Шималияб Кавказалда сверун эксперт Лиз Фуллер

Шималияб Кавказалда сверун эксперт Лиз Фуллерица Дагъистаналда ккарал аслиял лъугьа-бахъиназда сверун хIадурараб щибаб анкьилаб баян.

Гьаб анкьалда Дагъистаналъул нухмалъулев МухIамадов МухIамадсаламица «Известия» газетаялъе кьураб интервью кутакалда интересаб букIанин абиларо дица, ян байбихьулеб буго эксперталъ баян, амма бихьулеб буго гьесул тIокIкIарал пикраби рукIин. Чачаназул нухмалъулев Къадиров Рамзаниде дандеккун гIантал ва гIадамал божуларелгIадал лъазабиял рукIунаро гьесул.

Бицен гьабулеб интервьюялда МухIамадсаламица кIвар буссинабулеб букIана Россиялда дагъистанаязул имидж квешаб букIиналде ва гьелъ гьесул рахIат хвезабулеб букIиналдеги, дагъистаниял армиялде рачунеб гьечIолъиялдеги. ГIамм гьабун абуни, цере кьурал интервьюязда релъараб букIанин абизе бегьула гьеб ахирисебги. Амма букIана гьениб цо батIалъи-дотациязда хурхун бицараб.

Август моцIалда кьураб интервьюялда гьес абулеб букIана Дагъистан хIадураб бугин Москваялдаса рачIунел дотацияздаса инкар гьабизе магъалабазул рахъалъ бигьалъаби централъ гьаруни ва экономикалъул рахъалъ эркенаб зоналъун республика лъазабуни. Гьебги республикаялъе къваригIун ругел инвестициял гьенире рачIинелъун.

Амма гьаб анкьалда МухIамадсаламица абуна централъ субсидиял регионазул халкъалъул къадаралде балагьун гьаризе кколин. Гьесул рагIабазда рекъон, Россиялъул регионазда гIумру гьабулев чи рикIкIун гьенибе бичIчIалеб гIарцуде балагьани, Дагъистан бищунго нахъа буго ва цо чиясе лъагIалие кьолеб гIарац бащалъулеб буго 54 000 гъурщида.
Магъалоял ракIариялъул рахъги рекIее гIолеб гьечIо республикалъул бетIерасе. Гьелъулъ икъбал гьесда бихьулеб буго чIахIиял бизнесчагIазде гуреб гьитIинаб бизнесалде тIадецуй цIикIкIинабиялъулъ. Амма ракIалде кколеб буго рукIинисел рищиязда МухIамадсалам гьеб къагIидаялъ лъикIалде вачинарин.

Республикаялъул бетIерасул рукIинисел рищиязда МухIамадсаламие гьаркьал кьеларин кколеб буго 16 сагIаталъ хIалтIизе тIамурал полициязги. Гьедин хъвалеб букIана араб анкьалда Черновикалъ.
Газеталда бахъаралъе жаваб кьезе жанисел ишазул министр МухIамадов ГIабдурашидица гьаб анкьалда бакIарун букIана пресс-конференция. Макъалаялъул авторасда гьес гьабулеб букIана гьенир кьурал баянал мухIканал гьечIолъиялъул гIайиб. Масала, министрасул пикруялда рекъон, исана республикалда ккарал такъсиразул гIаммаб къадар газетаялъ 10 проценталъ цIикIкIинабун кьун буго.

Лиз Фуллер: «Гьебго заманалда ГIабдурашидовас абулеб букIана исана гьаруралщинал такъсиразул цо процент гурони изну гьечIого яргъидгIуцIараз гьарурал гьечIин. Гьелде тIадеги терроризмгун ва экстремизмгун къеркьейги полициялъул хIалтIи гурин абуна гьес. Гьедин батани, бижулеб буго чачаналъа жеги 1000 гIан полицияв Дагъистаналде рехиялъе гIилла щибан абураб суал? ГьитIинаб бизнесалъул чагIаз магъало кьолеб бугищали хал гьабизейищ гьел рачIинел ругел? Яги гьезул масъалалъун «закагIат» бакIаризе флэшкаби рехи чIезабийищ ккезе бугеб?»

Дагъистаналъул хIукуматалъ къабул гьабураб киланиги рагIалде бахъунареб ва хIасил кьолареб программа кинаб бугебин гьикъани абизе бегьула «2013-2017 соназда Дагъистаналда гражданияб жамгIият гIуцIиялъул» программа бугин.
Узухъда, гражданияб жамгIият гIуцIиялъе кварбакъи гьеб лъикI буго, амма гьеб программалда хъвалеб буго гьадин: «Цере лъурал масъалаби тIуразаризе хIажалъулеб комплексияб киналго рахъазулаб хIалтIи гьечIолъиялда бан, гьеб процесс тIалъиялъул контролалде гъоркье бачине ккола»,-ян.
Владимир Сурковасул «жиндие нухмалъи гьабулеб демократиягIадаб» жо кколеб буго гьелъул.

Лиз Фуллер: «ХIакъикъаталдаги гражданияб жамгIият гIуцIизе МухIамадсаламие бокьун батани, щай гьес рагьун, киназдаго рагIиделухъ баркулареб адвокат МухIамадова Сапиятида гьелъие щвараб Пьер Ангерил цIаралда бугеб премия? Гьелъие гьеб халкъаздагьоркьосеб шапакъат кьун буго Дагъистаналъул низам цIунулез зулму гьабуразул ва гьезул хъизаназул мурадал цIунаралъухъ».

Лиз Фуллер
XS
SM
MD
LG