МагъчIваялъе рес

ГIемер чIван, анцIго соналдасан гIолохъабиго хутIиларо Дагъистаналда


Дагъистаналъул карта
Дагъистаналъул карта

Дагъистаналъул Буйнахъск шагьаралда хун вуго хамиз къоялъул радал жиндир автомашина кьвагьизабидал лъукъарав полицияв. ГьУрмазда маскаби хурал ч1аг1аз Мах1ачхъала-Астрахань шагьранухда ч1ван вуго цо чи. Гьелдаса цебе Гъизилюрт мухъалъул Комсомолец росулъ ч1ван вуго полициялъул лейтенант.

ТIоцебесеб августалъул маркIачIуда МахIачхъалаялда къан рукIана Р. ХIамзатовасулги М. Дахадаевасулги къватIал. Низам цIунулез гьениб бомба балагьулеб букIана. Гьелъие гIиллалъун ккун бугоан Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул минаялда аскIосан унев цо чи, «Аллагьу Акбар!» инги ахIун, гьенибе чIегIераб пакетги рехун тIурун ин. Гьев чи ккун вуго. Абулеб буго гьеб кьвагьулеб алатги унго-унгояб гуреб, гьересияб бук1анин, гьеб тIагIинабун буго.

Гъизилюрт районалъул Комсомольское росулъ 1 августалъул сардилъ жиндирго минаялъул азбаралъув чIвана низам цIунулезул хIалтIухъан – МухIамад Рамазанов. Амма автоматалдасан гьесде кьвагьдарав чи лъалев гьечIо. Лъадуца бицун буго гьев чIвазе рачIарал чагIи гьурмалги рахчичIого рачIун рукIанин, ахи-хIур гьабизе лъугьани, мунгун лъималги чIвалилан. ЧIварав Рамазанов МухIамад цин Гъизилюрталда, хадув МахIачхъалаялда хIалтIулев вукIун вуго. Гьев чIвазе къасд цебеккунги гьабун букIун буго. Бицунеб буго Комсомольское росулъа Расулов Шапица.

Расулов Шапи: «КIал биччалеб мехалда рачIун руго гьесул рокъоре. Лъабго сон барай ясги лъадиги рукIун руго МухIамадида аскIор гIодорчIун. Гьезда цебе речIчIун буго гьесда. Гьеб щун буго гъажалда, ахиралда нодо бакьулъги речIчIун буго. ЮцIцIун чIечIони мунги чIвалилан гьесул лъадудаги лъазабун нахъе ун руго. 29-30 сон букIанин гьесул. КIиго ясги йиго. Лъабабилеб лъимаде йиго лъадиги. Вас гьавизе вугин воххун вукIунаан мунагьал чурад. ГIодовиччарав, лъиениги зарал гьечIев вас вукIана. КIалбиччан къоялде рокъоб ремонт гьабулев вукIана».

Гьанже Дагъистаналда низам цIунулел чIвалел рукIиналъ, полициялда хIалтIизе чагIи гIоларого ругин абула. Рагъулаб хIадурлъи гьечIолъиялъги росулел гьечIо гьанже гIолилал полициялде. Гьединго браконьерал хIисабалда жидер эбел-инсуе диваналъ хIукму къотIун букIиналъ жал армиялде росулел гьечIин, гьелъги сундуего нухал къалел ругин гIарзахъдулел рукIана гьал къоязда Сулахъ росулъ тIобитIараб данделъиялда гьезул гIолилал.

Гьеб букIана Сулахъ росдал гIадамазулгун Москваялдаса рачIарал хIинкъи гьечIолъиялъул чIезабиялъул федералияб хъулухъалъул вакилзабазулгун букIараб дандчIваялдаги. Гьенив вукIана Москваялда Дагъистаналъул рахъалдаса вугев официалияв вакил МахIачев ХIажиги.

Армиялде росулел гьечIин гIарзахъдичIого, кIудиязул адаб гьабизе, къануналда рекъон хьвадизе малъейин гIолилаздаян абуна гьес гьениб. Гьениб бугила гIицIго цо лъикIаб жо: нагагь армиялде росани, рохьилаз жидехъе цIалел гIолилал дагьлъизе рес букIин. Гурони армиялдаса щибдила щвелеб?

МахIачев ХIажи: «Нуж божа, рагъулаб училище лъугIарав офицерасда лъалеб жо лъабго моцIида жаниб лъала рохьалъ векерахъдулев вукIунев бокьарав хъачагъасда. Узухъда, дунги нужеда тIадрекъола – армиялдеги ун лъикI гIолилал, хъизаналги гьарун лъикI, цIализеги ине риччай… Гьедин букIинеги ккеларищха?!».

Полициялда хIалтIизе лъугьине бокьарав чи ватани кьейин цIарал, жинца жакъаго абилин министрасда нуж гьенире росеян абуна МахIачевас.

МахIачев ХIажи: «Гьединлъидал дица кидаго абула Дагъистан цIунейилан. Нилъецаго гIадлуги гьабизе ккола. Гьадал рохьалъ ругел гIолохъабиги рокъоре руссинаризе ккола. Гурони щиб жо гьаб кколеб, цоцаца чIван лъугIулел руго. Ниж гIолохъанаб мехалда кIудияб жо букIана авариялда яги чияца гIолохъанчи чIванин рагIи. ЧIечIого гьелъул бицунел рукIунаан.

Гьаб хIалалда иш гьадин букIине батани, анцIго соналдасан гIолохъабиго хутIиларо гьанир. Сундуе гIоло нилъеца нилъго гьадин тIагIинарулел ругел? Киназдаго бичIчIизе ккола лъицаниги ва киданиги Россия накалда ккезабуларо. Тарихалда букIинчIо гьеб жо. Гьеб буго къуватаб пачалихъ. Амма нилъецаго нилъедаго тIаде балагь бачине цIакъ бигьалъулаха. Доле чачаназул гIадамазда лъикIаб къойищ бихьулеб бугеб? Дудаевасегун Басаевасе шайихлъи лъаларо, ханлъи лъаларо къваригIунилан багъарараб мугь-карщалдаса тIурун жеги-жеги Европа сверулеб буго гьез чIезе бакI балагьулеб».

Дагъистаналда бугеб криминалияб ахIвал-хIалалда тIасан рехсезе бегьула жеги ахиралда ккараб цойги хIужаги. 2 августалъул радал Буйнакскиялда кьвагьизабуна полициялъул хIалтIухъанасул автомобиль. Кьвагьулеб алат автомобилалъул тIинда рекIинабун букIун буго. Азарханаялда хун вуго гьев полициялъулавги.
XS
SM
MD
LG