МагъчIваялъе рес

Майданское: хасаб операциялъ гIемер суалал раккизаруна


Унсоколо мухъалъул Майданское росулъ тIобитIараб хасаб операциялда чIваразул гIагарлъиялъул гIарзаби руго чIварав ункъояв къуваталъулаз боевикаллъун рихьизарулел ругин. Гьезул рагIабазда рекъон, изну гьечIого яргъид гIуцIаралгун чIваразул киналгIаги бухьенал рукIинчIо.

РакIалде щвезабила, Майданское росулъ тIобитIараб хасаб операциялда чIвана анкьго чи. Гьезда гьоркьоса лъабгояв кколаан Балахьуниса, ункъояв Майданское росулъа. Гьел ункъоязул гIагарлъиялдаса чагIаз абухъе, щибго гIайибги гьечIого чIвана гьел къуваталъул идарабазул хIалтухъабаз.

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул лъазабиязда рекъон, Майданское росулъа чIварал ункъоял рукIана боевиказул кумекчагIилъун. Гьел ункъгоялги - 2I сон барав МухIамадрасул Пайзулаев, 22 сон барав МухIамад Пайзулаев, 25 сон барав АхIмад ГIитIинов, 34 сон барав ХIажимурад МухIамадов. Балахьуниса рохьилазул къокъаялъул кумекчагIилъун гьел рукIанин лъазабулеб буго терроралде дандечIараб миллияб комитеталъ. Балахьуниса лъабго чиги чIвана Майданское росулъ тIобитIараб хасаб операциялда. Гьелги вацал Расул ва ГIабдулхIалим ХIажиевал ва МухIамад ГIадалаев.

Балахьуниса гьел чагIазул гIагарлъигун «Эркенлъи» радияолъул мухбирасе кIалъазе щвечIо, амма Майданское росулъа чIваразул гIагарлъиялъул баянал ракIарана.

МухIамадрасул Пайзулаевасул эбел Асият ГIабдулхIамидовалъ бицана «Эркенлъиялъе» къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз вачун анин жиндир вас. Гьелъ абухъе, информалатаздасан полициялъулаз бицулеб буго васал хасаб операциялда чIванин, амма хIакъикъат батIияб буго.

Асият ГIабдулхIамидова: «Рукъзазда чухьги бана къуваталъулаз чанги нухалда, амма щибго гьезие батичIо. Лъабабилеб нухалда чIухь базе рачIараб мехалъ МухIамадги МухIамадрасулги квералги скотчалъ рухьун рачун ана».

ГIабдулхIамидовалъул мадугьал Мадинал рагIабазда рекъон, МухIамадрасул ва МухIамад Пайзулаевал росулъ лъикIал васал гIадин лъалел рукIана.

Мадина: «БукIинчIоха гьел васазул лъалеб жо щибниги. Гьел васал цIакъ гIодоре ричарал васал рукIана. Гьагъадин рокъореги рачIун рачун ана гьел».

АхIмад ГьитIиновасул эбел ПатIимат МухIамадовалъ бицана «Эркенлъиялъе» жиндир вас тIоцеве вачун араб мехалда ДНК-анализалъе хIацIуги босун нахъе вичанилан. Гьелъул минаялда жаниб чанги нухалда чIухь бан буго къуваталъулаз, амма, ПатIиматица абухъе, къануналъ гьукъараб щибго жо батичIо низам цIунулезе. Лъабабилеб нухалда чIухь базе рачIараб мехалда къуваталъулаз цадахъ вачун ун вуго ГIитIинов.

Майданское росулъа Шамил ГIалиевас - гьесул гьариялда рекъон цIар хисана - бицана «Эркенлъиялъе» къуваталъулал росулъ тIоцере рачIараб мехалда, гьебги 4 июлалда, гьез минабазда чIухь балеб букIанин парахатго, гIодор ричан. «КIиабилеб къоялдаги гьединабго къагIидаялъ чIухьбаял гьаруна гьез, амма лъабабилеб къоялда гьезул рукIа-рахъин тIубанго хисана», - ян абуна ГIалиевас. Гьесул рагIабазда рекъон, низам цIунулел хъачIго кIалъалел рукIана, гьездехун мекъ ралагьараздацин зар щвезабулеб букIана.

Анонимас гьединго бицана, Харгаби мухъалда бугеб РОВДялда Майданское росулъа ункъо чи вугин. Гьесул рагIабазда рекъон, гьезда гъорлъ вуго росдал имамги, кьвагьизарурал минабазул цо-цо хважаиналги руго. Гьанибго тIаде жубала, Майданское росул кьвагьизабун буго 7 минаги, мадрасги.

Майданское росулъ чIваразул гIагарлъиялъул буго гьединго цогидаб гIарзаги: чIваразул жаназаби рукъизе нахъе кьолел гьечIо къуваталъулаз. ГIарацищ тIалаб гьабулеб бугилан гьикъиндал, киназго жаваб кьуна гьелъул хабарцин баккинчIин. Асият ГIабдулхIамидовалъул рагIабазда рекъон, низам цIунелез абулеб буго жаназаби нахъе кьелин, чIваразул гIагарлъиялъ документазда гъулбасани. Гьел документаздаги хъван букIине буго чIухь бараб мехалда чIваразухъ рокъобе ярагъ батанин.

XS
SM
MD
LG