МагъчIваялъе рес

Майданское росулъ кьвагьизарун рагIула минабиги мадрасаги


Итни къоялъ 8 июлалъ Унсоколо мухъалъул Майданск росулъ россиялъул аскарияз кьвагьизабун буго анкьго чиясул жалго бетIергьанал минаби ва чIван вуго кIиго чи рохьилалин абулезул.

Гьел минабазул хважаинзаби рохьор рахчун чIаразе квербакъи гьабулел чагIи рукIанилан абулеб буго полициялъулаз. Цадахъго аскарияз кьвагьизабун буго Майданское росу бакьулъ бугеб мадрасаги, гьенир жанир гъачагъал ратизеги бегьулилан ккараб щаклъиялъ. Бакъанида росу рагIалда ккараб кьвагьдеялъул хIасилалда аскарияз чIван вуго изну гьечIого яргъид гIуцIарал ругин рикIкIаразул кIигояв, гьел щал киса кколел абураб баян жеги гьечIилан абулеб буго полициялъулаз.

Радал сагIат 10 тIубараб мехалъ росдал имам Устаров Ризван ахIун вуго аскарияз штабалде,лъазабун буго кIудияб мажгит бугеб авалалда чIухь базе бугин цадахъ вилъине кколилан. Мажгиталда цере щведал, Ризванги цеве къотIун аскариял жанире лъугьун руго, кодоб автоматгун бокIнилъ кьижарав чи ватун вуго гьенив. ДандечIейги гьабичIого гьев чияс мутIигIлъи лъазабун кверал рорхун руго, хадуб ОМОНалъулаз Ризванида бицун буго гьев чи Унсоколо мухъалдаса гуреб цоги бакIалдаса чи ватанилан. Гьелдаса хадуб штабалдеги ахIун аскарияз Ризван вухун хIакъир гьавунилан бицана гьесул гIагарлъиялъ.

Анлъабилеб июлалъ омоналъулаз жидерго автомашиналда рекIинарун рачун ун руго ХIажиев МухIамадрасулги, МухIамагIалиев МухIамадги цIех-рехалъе рачунел ругиланги абун. Гьебго сордоялъ сагIат цо тIубараб мехалъ кIиявго гIолохъанчи чIван къотIноре рехун ратун руго. ГIагарлъиялъ цIехедал омоналъулаз абун буго жидеде кьвагьдолел рукIун чIванин гьелилан. Автомашиналдаги рекIинарун аскарияз рокъоса рачун аразухъ ярагъ кисадай букIанаян абулеб буго гIагарлъиялъ ва росдал гIадамаз. ГьабсагIатги Майданск, Балахьуни, Зирани росаби сверун ккун руго аскарияз, я мухбирзабазе я инсанасул ихтияр цIунулезе гьел росабалъе рачIине изнуги кьолеб гьечIо.

XS
SM
MD
LG