МагъчIваялъе рес

Газил рогIрал унго-унгогийищ лъиениги къваригIун гьечIел?


Дагъистаналъ щуго миллиардалде ричулел руго жиндирго газалъул рогIрал «Газпромалъе». Гьедин гьабизе бугилан приватизациялъулаб план хисизабун букIана Дагъистаналъул парламенталъ моцIалъ цебе. Амма 26 апрелалда букIараб аукционалда лъицаниги гьел рогIрал росичIо. Экспертаз рикIкIунеб буго, гьел росулел чагIиги цохIо «Газпром» гурони гьечIин, гьез ургъунго багьа бортизабулеб бугин ва гьелъул хIасилалда республикаялъул бюджеталда кIудияб ками ккезе бугин.

«Газпромалъ» республикаялъул буголъиялда ругел газалъул рогIрал росизе ругилан хабар баккаралдаса нахъе лъабгониги сон ана. ТIоцебе гьеб лъазаби гьабуна республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас 2013 соналъ «Газпромалъул» нухмалъулевгун Алексей Миллергун дандчIван хадуб. Республикаялъул хIакимзабазда тIадкъан букIана гьел рогIрал ричизе хIадур гьареян, документал рекъезареян. Гьеб хIалтIи гьабизе кIвечIилан хъулухъалдаса нахъе витIун вукIана республикаялъул буголъиялъул нухмалъиялъул министр Марат Ильясов.

Хадуб, 2014 соналъул ахиралда гьеб баян такрар гьабуна «Газпромалъул» нухмалъулев хисулев Валерий Голубевас МахIачхъалаялде щварабго. Гьесул пикруялда рекъон, газалъул рогIрал цIакъго херлъун ругоан ва гьенисан газ камулеб буго. Гьединлъидал, «Газпромалъ» гьел росизе руго ва цIигьаризе ругилан лъазабун букIана гьес. Доб мехалъго бицунеб букIана гьел рогIрал ричун республикаялъул бюджеталде щвезе кколин гIага-шагарго анлъго миллиард гъуруш гIарац.

2014 соналъ гурони рогIрал ричизе кIолеб хIалалда хIадурун бажаричIо, 2015 соналъ гьел ричизе пачалихъалъ тIад къараб «Дагъистаналъул нартилгун газалъул компаниялъ» аукцион чIезабуна, гьел ричизе кколел шартIал мухIкан гьарунгутIиялда бан. Гьединлъидал, гьеб иш исана гурони байбихьизе кIвечIо.

Марталъул ахиралда Халкъияб мажлисалъул депутатаз къабул гьабуна исана соналъул приватизациялъул проекталда хиса-баси. Гьелда рекъон, 3088 км газалъул рогIрал ричулел ругоан 5 млрд гъуршиде. Гьеб кколаан аукционалъул бищунго гIодобегIанасеб багьа. Гьелдаса байбихьизе кколаан даран.

26 апрелалда букIараб парламенталъул данделъиялда гьеб рогIрал ричун щвараб гIарац кибе хIалтIизабе кколебалицин хIукму гьабун букIана депутатаз. Амма щаялиго 5 млрд гуреб, бюджеталде щолеб гIарцул къадар хъван букIана 3 млрдгун бащдаб. Щай гьеб багьа бортараб абураб суал кьечIо цониги депутатас ва хIукму гьабуна гIарац цояб нухал гьаризе, цояб сахлъи цIуниялъе ва цоги бакIазде битIизе.

Сессиялда депутат МахIмуд МахIмудовас суал кьуна, жеги ричичIел рогIразул гIарац бикьизе гIедегIулел гьечIищ нилъ абун ва лъабабилеб нухалъ ричизе кIасд тIамурал гьел гьанже росиялда божун вугищ мун абун, бюджеталъул проект бихьизабулев финансазул министр Билал ЖахIбаровасда. Гьес жаваб кьуна, гьел ричичIого тIокIаб рес гьечIин, бюджеталда гIарац къваригIун бугин ва фередалияб финансазул министерлъиялъ гьединаб гIакълу кьолеб бугин кризисалъул заманалда.

Амма гьебго къоялъ тIобитIараб аукционалда газалъул рогIрал росулев чи ккечIо. Росизе къасд тIамурав, документал кьуравги ккечIо. «Новое дело» газеталъул экономикияб гьумер бачунев журналист Андрей Меламедовас рикIкIунеб буго, гьелъул магIна кколин рехсарал рогIразухъ щуго миллиард кьезе хIадурарав щивниги чи гьечIин, цохIого цо гьеб босизе къачIараб «Газмпромалъги» багьа бортизабулеб бугин.

Андрей Меламедов: «Аукцион тIобитIулеб къагIидаялда рекъон, цониги чияс документал кьечIони, ялъуни цохIо чияс гурони кьечIони, гьеб тIобитIичIеблъун рикIкIуна ва хадусеб нухалъ багьа чанго проценталъ бортула. Цо-цо мехалда киналго аукционалъул гIахьаллчагIаз къотIиги гьабун бортизабула багьа.

Цоги аукцион гьабулаго гIемер дандчIвалеб мекълъи буго, буголъиялъул багьа чIезабулев чиясе ришватги кьун гьелъул багьа ургъунго гIодобегIан гьаби. РогIразда хурхунги гьебго жо буго балагьараб мехалда. Босулел чагIиги цохIо «Газмпром» гурони гьечIеб мехалъ гьез багьа бортизабичIого рес гьечIо. Дида ккола багьа ургъунго бортизабулеб бугилан».

Рехсарал рогIразул щуго миллиард багьа гьечIо, гьел лъицаниги гьеб багьаялда росулароян рикIкIунеб буго экономист Николай Проценкоца: «Гьеб багьа цIакъго кIудияб буго рогIразухъ. «Газпромалъ» кибниги лъазабичIо жидеца гьаб багьаялда росулел ругилан, дида лъаларо кисан гьеб тарих республикаялъул хIакимзабаз босарабали. «Газпромалъ» рогIрал росулел руго киса-кирего, щибаб регионалда, гьезие къваригIун буго жидер газ жидерго рогIразухъан биччазе. Амма тIокIал гьел росизе хIадурарал чагIиги гьечIелъул».

Ахирисеб Халкъияб мажлисалъул данделъиялда бюджеталда къабул гьарурал хиса-басиязда рекъон гьел рогIразухъ щвезе кколеб гIарац харж гьабизе кколаан нухазе, сахлъи цIуниялъе, лъай-кьеялъул идарабазул минаял раялъе, МугIрузул сон тIобитIизе ва гьеб гуреб цоги бакIалде. Экспертаз рикIкIунеб буго, бюджеталда лъурабгIан гIарац гьел рогIразухъ щвезе гьечIин ва бюджет жеги дагь гьабизе бугилан.

Араб соналъ нухал гьариялъе камураб 1,5 гъурушги исана рогIрал ричун щвараб гIарцухъ бецIизе къасд буго республикаялъул нухмалъулезул. Амма экспертаз гьеб щвеялда щаклъи загьир гьабулеб буго. Гьединлъидал, гIемерисел бюджеталъул планалда рекъон тIаде росарал ишал тIурачIого хутIизе рес буго.

XS
SM
MD
LG