МагъчIваялъе рес

Генал: нацIцI хвезелъун чухъа бухIулеб буго


Временноялда гендерие лъолел чадирал. 16Apr2013
Временноялда гендерие лъолел чадирал. 16Apr2013

Араб хамиз къоялдаса нахъе Генуб росулъа батIи-батIиял баяназда рекъон лъабазаргоялдаса щуазаргоялде щвезегIан чи викьа-виххун вуго Дагъистаналъул батIи-батIиял шагьаралгун росабалъе.

Жидер росу тезе ккарал гьезул аслияб къадар ун буго гIагаразухъе Буйнахъскаялде, МахIачхъалаялде, Шамилхъалаялде ва цоги бакIазде. АзаргогIанасев чи хутIун вуго Генуб росдада аскIоб цIи балеб бугеб Временное абулеб бакIалда. Гьедин бицана гендерица.

Генуб росулъ КТО ай контртеррористияб операциялъул низам лъазабуралда росулъ хутIун вугин чанго чи, аслияб къагIидаялда жидерго тукабазда ва цогидаб мал-мулкалда хадуб тохаллъи чIезабизе ва тIолабго халкъ росулъа нахъе гочун бугин бицана росдал бегавул МухIамадов ГIалиасхIабица. Гьесулго рагIабазда рекъон, гьезда тун гьечIо рукъзал рахазе ва гьелдаса нахъе щибаб рокъоре лъугьун чIухь балеб буго росулъе ритIун рачIарал къуватал идарабазул хIалтIухъабаз.

ЧIухь балаго гьез гIадатиял гIадамазда гьоркьоса нугIзал цадахъ рачунищан гьикъидал ГIалиасхIабица абуна гулла-хер яги цоги гьелда релъараб жо батараб мехалда рачIун гьел нугIзада хадурин.

МухIамадов ГIалиасхIаб: «Нижеда абун букIана росу толаго нуцIиби рахагейин гьенире жанире лъугьунаго гьел рекизе ккеларедухъин.

Эркенлъи Радио: «Гьелда цIар гьединаб батила, хIакъикъаталда иш кин кколеб бугеб?»

МухIамадов ГIалиасхIаб: « ХIакъикъаталда букIинарищха бекарабги, бегарабги, биххарабги. Гьениб букIине бегьулареб гулла-хер яги граната жо батани цинги ахIула нугIзал гьенире.

Эркенлъи Радио: «Батилалде цебе гурищ нугIазал цадахъ рукIине кколел?»

МухIамадов ГIалиасхIаб: «Кколаха, амма гьез хадусан ахIулел руго».

ГIалиасхIабица бицана талат къоялда росдал мажгиталда жаниб ярагъ батараб мехалда жив ун вукIанин ахIун гьелда квер хъвалелде гьенивейин.

МухIамадов ГIалиасхIаб: «Мажгиталда ярагъ бугоан полалда гъоркь бахчун. Сон-жакъа бахчаралда релъарабги гьеб букIинчIо. Гьеб бугоанин ккана 4-5 сон цебе бахчараб жо. Гьениб бугоан цо автоматги, цо таманчаги. Аслияб къагIидаялда гьанир ругоан рациял, киналиго сигнализациял ва литература. Мажгиталда ярагъин абулеб жо букIине бегьулеб жо гуроха, гьеб буго гьениб гIажаиблъи гьабизе ккраб жо».

Росдал бегавуласул рагIабазда рекъон, Временное абулеб бакIалда ругезул 300-гIан чиясе рукIинейин абун рачIун руго чадирал. Гьел жеги лъун рахъунги гьечIо ва гьезда жанив чIезейин абун гьениве лъугьарав чиги гьечIо. Кванил, тIоцебе хIажалъи кколеб къайи-цIаялъул рахъалъан яги медикияб кумекалъул рахъалъан гьезул проблема гьечIо.

Хамиз къоялъул радал росдал гIадамазда бихьун буго гIемераб къадаралда рагъулаб техника росу рагIалде унеб. Хадуб гьенисан кьвагьиги рагIулеб букIанин бицана гьес. Цинги цинтIаго жидеда аскIоб рагъ багъарарабгIадаб гьаракь бахъанин. Кьвагьулеб букIанин киса-кибего рагъдагIадинин. Хадуб росдал гIадамазда лъазабун буго росу тезе кколин, цогиял лъугьун руго гьоркьоре сабруялда чIезе кколин ва кирениги ине кколарин. Кин букIаниги щвара-щваралда рекIун росу тезе байбихьун буго гIадамаз.

Кьвагьи лъалхъидал лъала росурагIалда букIараб кьвагьдеялда росулъа лъабго чи чIван вукIин. Низам цIунулезул рагIабазда рекъон, гьел унел рукIун руго яргъидгIуцIаразул «гендерил» абулеб къукъаялде гъорлъе.

Росулъа нахъе гочинарун хадуб школалъул мугIалим Абакарова Меседо
ун йикIун йиго гьение цо нухалда рокъор хутIарал документал росизе. Жиндие мина-карталъуе лъугьине 10 минута кьун букIанин бицана гьелъ.
Меседол рагIабазда рекъон, росулъ ругел аскарияз росу махIцинабун буго. Жинда рихьанин гIадамазул кIалтIа-кIалтIа хъун рехарал хIайваналин бицана гьелъ.

Абакарова Меседо: «Дица аскIор ругезда бицинчIо щиб доба кколеб бугебали гьазулги ракIал ракъвазариларин абун. МахIцун бугоан росу. ХIайванал ругоан хъун ран. МацI лъалареб хIайваналдагIагищ гурхIиларел рукIарал. Хъун ран тун руго. Анкьица лъим-хер кьечIого ругел хIайваналги кинха рукIинарел. Гьанже рагIана дида цо-кIиго херав чи виччан вугин росулъе рухьаралъуса хIайванал гIалхуде риччазейин. Дица абуна гьенир рукIарал аскаразда диде абун букIанин нуж гIадамал гурел роботал ругин. Гьедин абуниги дун циччана гьез росулъе. Москваялда жакъа операция гьабизе кколев васасул документал росизе ун йикIана дун гьение. Гьал чагIазухъги балагьун гьаб жо хIехьонищ рукIине кколебин абураб пикру бачIуна дир цо-цо мехалда. Гьаб жо щиб жо?!»

Меседоца гьединго бицана советияб заманалдацин жидер мажгиталда как ахIи къотIун букIинчIин, гьанже анкь бугин гьениб как ахIичIогойин. Гьединго гIадамазул рукъзабахъа гIарац ва цоги буголъи билиялъул ва бикъиялъул хIужабиги ругин бицана гьелъ.

Абакарова Меседо: «250 гъурущ босун буго нижее гIагарав пенсионерасул рокъоса. ГIумруялъ тIатIала лъураб жо букIана гьесул гьеб. Гьединал хIужабиги гIемерал гурин бицунеб буго гIадамаз. Компьютерал, телевизорал ва гьелда релъараб цоги къайиги гьезие цIакъ бокьулин абулеб буго. Бицунеб буго цин гIурусаз хъирщулеб бугин хадуб дагъистаниял риччалел ругин гьенире жанирейин. Ниж гIадамазул бакIалда рикIкIунеб гьечIолъи бихьулеб буго. Нижер мажгиталъул как ахIичIого буго анкь. Имам Шамилица как бараб, МухIамад Ярагъияс, ГIабдурахIман Сугъурияс ва цоги бергьарал гIалимзабаца какал рараб мажгит буго нижер. Гьанже цо-кIиго гIурусав вачIунилан как ахIунгутIи щиб букIине кколеб?».

Меседоца гьикъун буго аскаразда нужеда росулъ кидаллъизегIан рукIине ракIалда бугебин? Гьезул командирас гьелда абун буго жидеда лъалеб жо гьечIин, росулъе жанире лъугьаний абураб мехалда лъугьунин жал, къватIире рачIаян абураб мехалда нахъеги унин.

Генуб росдал бегавул МухIамадов ГIалиасхIабица бицана росулъ гьеб операция лъугIун ва гIадамал рукъзабахъе тIадруссаян абураб мехалда жал гьенире ине гьечIин пачалихъияб комиссияги бачIун гьениб жидее гьабураб заралги чIезабун гьеб бецIизе рагIиги кьураб мехалда ругониян.
XS
SM
MD
LG