МагъчIваялъе рес

"МакьастIа къваригIунаро, къваригIуна "Сарир"


Дагъистаналда курорт баялъул планалдаса инкар гьабуна Россиялъул хIукуматалъ. Гьеб кколарин туризм республикаялдаса цебетIезабиялдаса планал хьибbлалда лъолел ругин абурабин, рикIкIунеб буго цо-цо экономистаз.

Жакъа информалатаз хадуб-цебе загьир гьабулеб буго Дагъистаналъул нухмалъиялъ гIуцIулел планазул.

Абухъего, кIалдибе лъин бачIун официалиял информалатаз бицунеб буго Дагъистаналда базе ракIалда бугеб щугоцIвадул петералъул комплексалъул хIакъалъулъ. Гьелъие гьанжеялдего ургъун буго цIар – «Сарир». Гьелъул багьа гIаммаб къагIидаялда бахине рагIула нусго миллион долларалде. Гьеб базе рагIула турказ. Петералъул комплексалда букIине рагIула 250 номер, кIиазарго чи жаниве унеб конференц-зал ва къоялда жаниб 150 чи къабул гьавизе бажарулеб сах гьариялъул лъел ваннаби, гольфалъул майдан ва цогидаб.

Жакъа тIадтараз гьединго кIвар кьун бицунеб буго Дагъистаналъул туризмалъул объектазул ребрендингалъул хIакъалъулъ. Ай, цере рукIарал машгьурал маршрутазул имидж цIигьабун гьел машгьурлъизариялъул. Бицен гьабулеб буго туризмалъул ва курорталгун санаториязул «культураялда» хъулухъ гьабулел гIадамал ругьун гьариялъул ва жалго курортал, хIухьбахъиялъул объектал халкъаздагьоркьосел стандартазде данде ккезариялъул мурадалда хIалтIи гьабиялъул.

Гьединго гIемер бицунеб букIана Дагъистаналда «Лазурный берег», «Немецкая деревня» ва цогидал проектазул. Амма гьел проектал, Макъастаялъул лыжабазул базаго гIадин гIумруялде рахъинаричIого хутIана. Кинаб къисмат букIине бегьулел Дагъситаналъул нухмалъиялъул ахирисел планазул? Нижер радиоялъул гьединаб суалалъе жаваб кьолаго, машгьурав экономист Михаил Чернышовас щаклъи загьир гьабуна гьелда бан. Гьесул аргументал руго гьадинал:

Михаил Чернышов: «Цин «Немецкая деревня» ва Лазурный берег проектазда хурхун. Гьел рукIана рукъзал раялъул проектал. Гьезул аслияб минус букIана хурхараб гьенир минаби бечедал гIадамазе разе ракIалда букIиналда. Дагъиситаналда бечедазул церего руго тIурарал кIалгIаби. Рукъзал разе кколаан гьаркьохъеб классалде балагьун. Ориентирал мекъал рукIиналъ гьединал проектазул перспективабиги мукъсанал рукIана.

Нилъеца гьанже нусго миллион долларалъул щугоцIваялъулаб петералъул бицунеб мехалда, пачалихъияб гарантиягун кьолеб кредит хIалтIизабулеб мехалда суал баккулеб буго, кир гьенир инвестициял рукIунин абулеб. Пуланаб фирма пачалихъалъул гIарцихъ петер базе разилъулеб бугин абулеб мехалда, гьеб кколаро инвестициязул бицунеб бугин абураб. Гьеб ккола ккоммерциялъулаб цебелъей загьир гьабулеб бугин абураб. Инвестициязулгун щибниги гIаммаб жо гьелъул гьечIо.

Дир пикруялда, гьеб проекталъул перспективаби мухIканал гьечIо. Щаклъи баккизабулеб буго хIакъав инвестор гьечIолъиялъ. КIиабизеги, бизнес-планалъ баянго щвалде щун бихьизабулеб гьечIо кинабго жо. Гьеб бизнес-план бахъун гьечIо Инвестициязул министерлъиялъул сайталдаги. Гьеб битIараб букIинаан гьединго гьелъул пачалихъияб гарантия букIин ракIалде босаниги. Гьеб проект къабул гьабизе ккола Дагъистаналъул парламенталъ. Гьединал жал кидаго жамгIияб гьоркьоб лъеялдеги рахъизе ккола. Щайгурелъул гьел гарантияби тIаразаричIони, гьелъие магъалаби кьолезул гIарац хIалтIизабизе ккезе бугелъул. Гьел материалал жамгIияталда рихьулел гьечIолъилъги бижинабулеб буго щаклъи. Гьединабго щаклъи буго гьединго хан бессулеб фабрикаялъул проекталда хурхунги.»

Чачан республикаялда рахъинаруна гIумруялде чанго кIудияб проект. Грозныялдаги, Аргуналдаги ран руго Россиялъул кинабгIаги регионалда гьечIел гIемертIалаязул минаби, петерал. Амма, бецIун бугищ гьез гьел раялъе хвезабураб гIарац, кьолеб бугищ гьелъул бетIергьабазе гьелъ пайда, абун суалъе жаваб кьолаго Грозныялдаса журналист АхIмад СултIановас абулеб буго, гьабсагIат босани, шагьаралъе гьездаса бугин гIицIго эстетикияб пайдайин ва жиндир пикруялда, гьелъул бетIергьабазе экономикияб пайда гьез кьезе рес гьечIин, щайгурелъул гьел минаби чIорого хутIулел ругин абизе бегьулин.

Чачан республикаялъул Аргун шагьар
Чачан республикаялъул Аргун шагьар

АхIмад СултIановас: «Комплекс "Грозный-сити" гьеб ккола 45 тIалаялъул петер, гьединабго борхалъиялъул чанго рукъ, бизнес-центр. Амма гьел киналго минаби чIорого ругин абизе бегьула. Гьел цIун ратилаха, бищун гIемер босун къогогIан проценталъ. Грозныялда гIумру гьабизе рукъзал гьечIезул къадар кIудияб буго. Кин бетIербахъи гьабилин абун щибаб къойил суалал лъолел гIадамазул рукIинишха гьединал рукъзал росизе ресал!"

СултIановас абулеб буго чачаназул тIалъиялъ хириял минабиги, петералги, бизнес-централги къварагIелалъул даражаялде балагьичIого ралел ругин реццардулел рукIиналъейин. Аммайин гьелда нахъги ракIалъе гIолеб жо гIадамазда батулеб бугин.

АхIмад СултIановас: «Дида ккола, гьеб кинабго гьабулеб бугин дунялалдаго машгьурал гьалбазда, дунялъул пачалихъазда, «бихьулищ нижеца чачанал хвасар гьарунин халкъазда гьоркьосеб терроризмалдасайин, нижеца гьезие эркенлъи щвезабунин» абун реццардулел рукIиналъейин. Амма гьенибцин буго ракIалъе гIолеб жо: берцинал къватIалги, нухалги, чIахIиял минабиги тIадтараз, Къадировас хабалъе росуларо, гьеб кинабго халкъалъе хутIизе буго. Амма цIакъ ракI хвелаан "тарих такрарлъун", цIидаса гьеб кинабго бихизабуни.»

Грозный шагьар
Грозный шагьар

СултIановас абулеб буго, чачаналъ букIа, Дагъстаналда букIа рарал объектаз пайда кьолеб гьечIони, яги пайда кьезе гьечIеблъи лъалеб букIаго гьел ралел ругони, гьединаб жоялъ щаклъи баккизабулин, гьезда нахъ яги коррупциялъул яги цогидал мурадал рукIиналъулин.

Чернышовасул хIисабалда, рехсараб петералъул номералъул багьа сордо-къоялда жаниб букIине бегьула гIага-шагарго 600-800 доллар.

Михаил Чернышов: «600-800 доларалъухъ номер кколев 250 чи валагьизе гьедигIан бигьаяб жо гуро. Гьеб проект гIумруялде бахъинабулаго хвезабураб гIарац бецIиялъе къваригIуна гIуралъ хириял багьаби. Нилъеда лъаларо мухIканго гьел цифраби. Амма гьел рикIкIине бегьула.

2009 соналда бицунеб букIана цогидаб петералъул хIакъалъулъ. Гьелъул проект гIумруялде бахъинабиялъе къваргIунеб гIарац доб заманалъул багьаязда рекъон, цIараб заманалда бецIизе ккани, номералъул багьа бахине кколеб букIана 1600 долларалде. Гьебги щиб гьеб петер кидаго цIун букIунеб бугони. Гьеб цIакъ хирияб проект букIана.»

Чернышовасул абулеб буго, гьединал проектал гIумруялде рахъинариялъе ва гьез пайда кьеялъе къваригIунин кIиго аслияб шартIин. ТIоцебесеб - парахатаб ахIвал-хIал, кIиабилеб – коррупция гьечIолъи. Ругищ гьединал шартIал жакъа абураб суалалъе жавабцин къваригIунарин ва жакъа бицен гьабулел проектал экономикиял хаслъаби баянаб къагIидаялда рихьизаричIого гIумруялде рахъинаризе лъугьани, гьелъ республикаялъул нухмалъиялде божилъи цIакъго хвезабизе бегьулин, жубалеб буго экономистас.

XS
SM
MD
LG