МагъчIваялъе рес

Рахьдал мацIалъул даража холеб буго


Рахьдал мацIалъул дарсалда
please wait

No media source currently available

0:00 0:00:33 0:00

МахIачхъала: рахьдал мацIалъул дарсида

Шагьаралъул щколазда рахьдал мацI лъазабиялъул суал цIакъ захIматаб буго. Гьедин рикIкIунеб буго гIемер соназ магIарул мацI шагьаралъул школалда кьолей мугIалим Камилова Загьраца. Кинал захIмалъаби ругел жакъасеб школалда Рахьдао мацIал лъазариялъулъ?

Шагьаралъул школазда хасаб бакI кколеб буго рахьдал мацIал лъазариялъул суал. 2011 соналдаса байбихьун Дагъистаналъул тIалъиялъ кIвар кьуна мацIал цIуниялъул ва лъазариялъул суалазде. Гьедин, шагьаразул школазда рахьдал мацIазе бихьизабун буго анкьие кIиго сагIат.

Амма кигIан школалда мацIлъазабулеб бугониги, гьеб рокъоб бицунеб гьечIони, гьеб батIияб улкаялъул мацIлъазабиялде сверулин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе шагьаралъул школалъул директор Селиванова Жаннаца. Гьелъ нухмалъи гьабулеб 3 Лицеялда лъазабизе рес буго 5 батIияб миллаталъул рахьдал мацI.

Селиванова Жанна: «Нижер школалда 5 миллаталъул рахьдал мацI лъазабула. Гьел ккола авар, дарги, лъарагI, лезги ва лак мацIал. Гьеб лъазабула I классалдаса байбихьун. Эбел-инсул ихтияр буго рахьдал мацI лъазабиялъул бакIалда Дагъистаналъул маданияталъул ва гIадатазул дарс бищизе. Гьединго табасаранал ва масала, цогидал миллатал рокъоб гIурус тун батIияб мацI бицунарел гьединго хьвадула Дагъистаналъул маданияталъул дарсиде».

Директоралъул баяназда рекъон, школалъ рахьдал мацIазде кIваркьей бараб буго улбуз гьеб хIажатаб буголъи бихьизабиялда, щайгурелъул рокъосан тIалаб гьечIеб жо кинго босизабун бажарулеб букIунгутIиялъ.

Авар мацIалъул дарсида гIурус мацIалъ кIалъай рагIун щивго хIикмалъуларо. 6 классалъул рахьдал мацIалъул дарсда гьел рикьулел руго 6 тIелалде. Бищун кIудияб тIел кколеб буго авар мацI лъазабулезул цIалдохъабазул.

Амма къокъаялда 12 ц1алдохъан вугониги, гьезда гъорлъ хIакъикъаталда мацI щвалде щун лъалел лъимал 4-5 гурого гьечIин баян гьабуна Загьра Камиловалъ. 40 соналдаса цIикIкIун лъималазда магIарул мацI малъулей йиго мугIалим Загьра Камилова . Аслияб унтилъун кколин лъималазда рокъоса улбуз мацIлъазабиялде кIвар кьечIого тейилан рикIкIунеб буго мугIалималъ. Цебе рахьдал мацI факультатив букIун батани, гьанже рахьдал мацI лъазабиялъхе кIиго сагIат бугила анкьие. Амма гьелъги мацIлъазабиялъул ахIвал-хIал лъикIаб рахъалде хисизабулеб гьечIила.

Камилова Загьра: «Кутакалда захIмат буго магIарул мацI малъиялъул суал. Школалъул тIалъиялъ дагьалниги сахал лъимал ракIарун лицеялъул класс гьабуна. Гьениб гIицIго цо дарс гурого гьечIо рахьдал мацIалъул. ХутIарал лъималазе кIиго дарс букIуна анкьие. БатIаго квеш лъалин мацIилан абизе бегьуларо.»

Амма росулъги шагьаралдаги рахьдал мацIалъул дарсал кинго данде кквезе бегьуларин тIаде жубана мугIалималъ. Лъимал хIалтIулел тIахьазул бицани, гьел жеги тIуран тIалабазда рекъарал гьечIо. 1-4 классалде щвезегIан магIарул мацIалъул тIахьал руго хас гьабун шагьаралъул школазе риччарал. ЧIахIиял классалъул лъимал хIалтIулел руго росдал школалъул тIахьаздаса.

Рахьдал мацIалъул дарсалда
please wait

No media source currently available

0:00 0:01:48 0:00

Гьебго школалда батIиял мацIал лъазарулел къокъабазда руго бищун цIикIкIун 8 чи.

Масала, лак мацIалъул мугIалим Бахтигюль Пахмудовалъ Рахьдал мацI лъазабиялъул ахIвал-хIал гьадин баян гьабуна.

Бахтигюль Пахмудова: «Нижеца хIаракат бахъула дарсда рахьдал мацIалъ кIалъазе, амма бажаруларо. Щайгурелъул гьезда бицине мацI лъаларо. Гьезие захIмалъула мацI бицине. БатIияб миллаталъул мацIалъул даражаялде ккун буго рахьдал мацI. Гьез рокъобги бицунеб гьечIо гьеб. Цо-кIиго чи вукIуна къокъаялда рахьдал мацIалъ кIалъан бажарулев. Цоял лъикI лъалел, цоял дагь гурого лъаларел, лъабабилел алифалдаса бахъун чияр мацIгIадин рахьдал мацI лъазабулел рукIаго киназего цохIалалъ дарс кьун бажаруларо. Щибавгун хасгьабун хIалтIизе ккола».

Цо цIалул болжал лъугIун гIодоркъояздаса хадур цIияб цIалул болжалазда байбихьун бугоан тIоцебесеб классалъул цIалдохъабазе рахьдал мацIалъул дарсал. Гьедин, магIарул мацIалъул къокъаялда 13 цIалдохъан вугоан, гьебго заманаялъ лак мацIалъул къокъаялде ккана гIицIго 4 лъимер. Гьезул цонигиязда лъикI лъалеб букIинчIо рахьдал мацI.

Лъазе кколищ инсанасда рахьдал мацI ва сундуе гьеб хIажалъулеб абураб суалалъе гIемерисел лъимал руцIун чIолел рукIана, амма киназго геб лъазе кколеблъун рикIкIунеб бугоан. Гьебго заманаялъ сундуе инсанасе рахьдал мацI хIажалъулебали гIицIго чанго лъимаца жаваб гьабуна.

Шагьаралъул школазда рахьдал мацIалъул дарсаздаса цересел рихьулел руго цогояб экзамен кьезе кколел дарсал ва жалго улбузги кIвар кьолеб гьечIо. Гьедин, масала шагьаралъул I гимназиялда 2 классалъул лак мацI лъазабулеб къокъадул мугIалим тIубараб дарс лъугIизегIан жалго лъималги тун жиндирго къваригIелаз ун йигоан. Гьелдаса бихьула кинаб бербалагьи бугеб жалго мугIалимзабазулги рахьдал мацIалъул дарсал кьеялде.

XS
SM
MD
LG