МагъчIваялъе рес

Лъие къваригIун букIараб "Садвалалъул" лидерасул хвел?


Назим ХIажиев
Назим ХIажиев

МахIачхъалаялда жиндирго рокъов чIван ватана «Садвал» абураб лезгиязул миллияб багъа-башариялъул нухмалъулев Назим ХIажиев. Ахираб лъабго соналда жанив рехсараб гIуцIиялъул лъабабилев чи хвана гIажаибго бичIчIизе захIматаб хIалалда. Гьезул гIагралъиялъгун пишацояз бицунебгун къуваталъул идарабаз бицунеб батIи-батIияб буго.

Лезгиязул «Садвал» абураб миллияб багъа-башариялъул нухмалъулев Назим ХIажиев хун ватана жакъа 21 марталда МахIачхъалаялъул АхIмадхан СултIанил къотIноб бугеб жиндирго рокъов. Республикаялъул цIех-рехалъул идараялъул баяназда рекъон, гьесул черхалда – каранда ва горбода ратана носол ругънал.

ГьабсагIаталда лъугьа-бахъиналда хурхун цIех-рех унеб буго. ЧIварасул гIагарлъиялъ бицана, гьев живго цохIо гIумру гьабулев вукIанин, хъизан-лъималги гьесул рукIинчIин. Ахираб заманалда миллияб багъа-башариялъул хIалтIиялде цIакъго кIудияб кIвар гьес кьолеб букIинчIилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе гьесул вацгIалас.

«Садвал» абураб рагIул магIна ккола цолъи. Гьеб багъа-башариялъул официалияб сайталда ругел баяназда рекъон, Назим ХIажиев гьавуна Догъузпара мухъалъул Къуруш росулъ 1944 соналъ. 1961 соналъ Дагъистаналъул механикияб колледжалъул студент вукIаго гьес лезгиязул миллат цолъизабиялда хурхун агитация гьабулеб букIун буго. Азербайджаналда ва Дагъистаналда ругел лезгиязул автономияб республика гIуцIизе кколилан цеве вахъунев вукIана гьев.

1967 соналъ гьес гIуцIана Лезгиязул автономияб республика абураб жамгIияб гIуцIи. 1990 соназда «Садвал» гIуцIун хадуб, гьев лъугьана гьеб багъа-башариялъул нухмалъулезул цоявлъун. Гьелдаго цадахъ гьев вукIана Кавказалъул миллатазул конфедерациялъул членлъун.

Ахираб лъабго соналда жаниб «Садвалалъул» лъабабилев чи холев вуго ричIчIизе захIматал ахIвал-хIалаздаян рикIкIунеб буго гьеб гIуцIиялъул гIахьалчагIаз. Араб соналъул 24 марталда Каспийск шагьаралда Ленинил къотIнов хун ватана гьезул цояв МухIамадрахIимов Руслан.

Паталогоанатомасул экспертизаялда рекъон, гьев хун вуго гьава цIазе кIоларого. ГIагарлъиялъ рикIкIунеб бугоан, гьев гъанкъун вугин. Амма цIех-рехалъ чIезабун буго гьев хвеялъулъ кинабгIаги криминал батичIилан.

Жиндир цIар прессаялдаса рехсезе бокьичIев «Садвалалъул» цеве вукIарав активистас «Эркенлъи» радиоялъе абуна, цереккунги гьеб гIуцIиялъул гIахьалчагIи хвеялъулъ гIемер ричIчIуларел жал рукIанин.

«ГIажаибал хIужаби гьенир гIемер рукIана. Дов МухIамадрахIимов Руслан хвараб мехалъ дун вукIана моргалдаги, дида гьесул жаназаги бихьун букIана. Паталогоанатомас бицана, гьесул трахея хъахIиллъун бугин, гьев гъанкъараб къагIида бугилан.

Щокъроб цо щибалиго тамахаб жоги къазабун, хухьелги къотIизабун хвезавун вукIиналда кIудияб щаклъи букIана. Амма черхалда тIад киналгIаги лъалкIал рукIинчIо. Кварил лъалкIал рукIинчIо ялъуни гьев лъицаялиго ккун вукIин халлъулеб букIинчIо. Гьединго чIезабуна, ракI гьесул унтараб букIинчIин, кинабгIаги инфаркт букIине рес букIинчIин.

Гьев хун хадуб цIех-рехчагIаз лъазабун букIана гьесул документал рилун ругин, видеорегистратор гьечIин. Амма хадув дун цIех-рехалъул комитеталде щварабго, гIолохъанав следователасухъ ругоан гьесул документал. БичIчIулеб гьечIо, щай тIоцебе додин лъазабураб, хадур кин ратарал документал. РичIчIуларел жал гIемер рукIана. ХIасил, уголовияб дело гьелда хурхун рагьичIо, Руслан хвеялъулъ кинабгIаги такъсирги гьечIилан чIезабуна официалияб къагIидаялъ».

2013 соналъ гIажаибал лъугьа-бахъиназда хвана цойги садвалалъулав.

Доб мехалъ полициялъ ккун вукIана цевеккун МахIарамкент мухъалъул бетIер ХIажиев Абрек чIваялда жинда щаклъи бугев Насир Примов. Амма гьев щаялиго полициялъул бутIаялда хун вуго. Официалияб баяналда рекъон гьев хун вуго рекIел приступ щун.

Амма гIагарлъиялъ рикIкIунеб буго, гьев полициялда вуххун хвезавун вугин. Гьесул вац Нияз Примовас информалатазе бицунеб букIана, гьесул черхалда гIемерал вуххиялъул лъалкIал рукIанин. Насир Примовги вукIана лезгиязул миллияб багъа-башариялъул жигарав гIахьалчилъун.

XS
SM
MD
LG