МагъчIваялъе рес

МагIарухъ цIа свинабиялъе хасаб гьунар къваригIуна


ЦIунтIа мухъалъул Гьинухъ росулъ рукъзал рухIаразе гIарцудалъун кумек гьабизе буго пачалихъалъ. Федералияб бюджеталдаса минаби рухIаразе бичазе буго 100 азарго гъурущ, гьединго 10 азарго гъурущ кьезе буго мухъалъул бюджеталдасаги. ЦIиял рукъзал разе гьеб гIарцудалъун кIвезе батичIониги, ретIел-хьит чед-квен босизегIаги цодагьаб мехалъ гIелин абулеб буго росдалчагIаз. Гьинухъ буго 111 мина, росулъ гIумру гьабулеб буго 559 чияс.

МЧСалъул Дагъистаналда бугеб бетIераб идараялъул лъазабиязда рекъон, 19 апрелалда цIа ккана цо минаялда жаниб. Гьуриялъ цIа тIибитIизабуна аскIоре ругел цогидал минабазда. Лъугьа-бахъиналъулъ щивго лъукъичIо. Амма 24 мина бухIана, 99 чи хутIана рукъ гьечIого. Гьел чагIи гIагарлъиялъ жидехъего рачана. Гьезулни хьул буго Дагъистаналъул хIукуматалъ цIиял минаби разе кумек гьабилин жидее. «Хьул буго, амма бугеб ахIвал-хIалалда балагьун нус-нус азарго гъурущги кьун тезехъин руго гIадамал», - илан абуна Гьинухъ росулъа МухIамад МухIамадовас. Гьесул рагIабазда рекъон, цодагьалъ цебе Элбохъ росулъ минаби рухIаразе кинабгIаги кумек букIинчIо хIукуматалдаса.
​ЦIа ккун хадуб 15 минут индал росулъе щвана пожарниказул команда. МЧСалъул пресс-хъулухъалда бицухъе, цIа свинабулеб пункт ЦIунтIа мухъалда рагьана 2010 соналда Кидеро росулъ. Гьелдалъун хехго рачIана пожарникал росулъе. Амма гьел рачIинегIан цIа свинабизе рортана росуцоял. Цояз рухIулел минабазда жаниса къай-къоно хвасар гьабулеб букIана, цогидаз цIа свинбизе хIаракат бахъулеб букIана. Лъим ведрабаз бачун, цоцахъе кьун свинабулеб букIана цIа.

РачIарал пожарниказе захIмалъана цIа свинабизе. МЧСалъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей Тамила ГъазимухIамадовалъ бицана, рухIулел минабазде аскIобе машина бачизе кIолеб букIинчIилан.

Тамила ГъазимухIамадова: «ЦIакъ захIматаб бакI буго гьеб росу. Нухалги гьенир ритIарал кисса, жиб-жиб метр доба-гьанибе рехараб, зигзагазул нух батана. ТIадежоялъе гьуриги букIана квешаб. Жалго минабиги магIарухъ кин ралел нужедаго лъалаха. Террасазул системаялда рарал минаби руго Гьинухъги. Пожарникални хехго рачIана росулъе цIа свинабизеян, амма заман цIана росулъ ругел цурал къватIазги, квешал нухазги. Жалго росдалчагIазги кумек гьабуна пожарниказе. Росуцоялги гIахьаллъана цIа свинабиялъулъ».

21 апрелалда МЧСалда тIобитIараб пресс-конференциялда бицана, минаби гьечIого хутIаразе рукъзал кьеялъул суал бачIунеб заманалде тIубазе бугин ва гьелъи гIоло хасаб комиссия гIуцIизе хIукму къотIанин. Гьединго данделъиялда абуна МЧСалъул шапакъатал кьезе ругин цIа свинабизе кумек гьабурал росдалчагIазеян.

Кин цIа ккараб? Гьеб суалалъе чIванкъотIараб жаваб кьезе бегьула цо моцIидасан, киналго экспертизаби лъугьун хадубилан абуна «Эркенлъи» радияолъе МЧСалъул пресс-хъулухъалда. Амма цогидал баяназда рекъон, токалъул басриял кварал сабаблъун ккун батизе бегьула цIа.

Ахиралда тIаде жубала, Гьинухъ росулъ ккараб цIа ЦIунтIа мухъалда исана ккола кIиабилеблъун. Марталъул байбихьуда Элбохъ росулъ бухIана анцIго мина.
XS
SM
MD
LG