МагъчIваялъе рес

Депутатал жавабал щвечIого хутIана


30 январалда тIобитIана Дагъистаналъул парламенталъул тIоцебесеб сессия. Гьениб финансазул министралъухъа чIван къотIарал жавабал щун гьечIоан депутатазе. Жавабал гьечIого хутIун руго ахирисезул цогидал суалалги. Масала, щай гьедигIан кIудияб Америкаялда терактал дагьал рукiунин, малъгIанасеб Дагъистаналда щай гьел гIемерлъун ругел абураб суалаъе.

Гъоркьисала Дагъистаналъул парламенталъ 117 къанунги 114 хIукмуги къабул гьабунин бицана спикер Хизри ШихсагIидовас. Хадуб кIвар кьезе кколел суалазда гъорлъ гьес рехсана республикаялда гIаммаб куцалда спорт машгьур гьабизе ккеялъулги Новолак районалдаса тумал гочинарун лъугIизаризе хIажат букIинги. Гьениса МахIачхъалаялде аскIоре гьел гочинаризе байбихьаралдаса нахъе тIубан цо гIел гIун буго тумазул. Пачалихъалъин абуни жеги тIубан гьечIо гьезул умумузул суал.

Депутатаз гьоркьор лъурал суалазул гIемерисел рукIана цо-цо къануназулъ хиса-басиял гьариялда хурхарал. Гьедин бищун цIикIкIун суалал финансазул министр Антонина Идрисовалъе кьолел рукIана гьез. Масала, бюджеталъулъ хиса-басиял гьаризе ккун руго пачалихъиял идараби цIунулеб хъаравуллъиялъе 130 млн гъурущ биччазе хIукму гьабиялъ. Гьелъие гIиллалъун щиб ккарабин гьикъана депутат («Россельхозбанкалъул» нухмалъулев) ГьитIинамухIамад ХIажимухIамадовас. Амма къваригIарал документал цадахъ гьечIин, гьединлъидал жинца дуда гьеб хадуб бичIчIизабилин жаваб кьуна Антонина Идрисовалъ.

Хизри ШихсагIидов, спикер: «Хадуб бичIчIизабилин абиялъул магIна щиб? Депутатазе чIванкъотIун жаваб кьезе ккола. Хаду-хадур букIине кколедухъ хIадуризеги хIадурун рачIа сессиязде. Гурони жаваб кьезе бокьунгут1и бихьулеб буго дулъ».

Хадусеб суал финансазул министралъе депутат НурмухIамад ГIалиевас кьуна. Гьес дагIба бана 2014 соналда ГьоцIалъ ГЭСалъе 110 млн гъурущ биччалеб бугин абураб пункталда. ГIалиевас абухъе, исана гьеб ГЭС бан бахъинабизе ракIалда буго. Гьелъие гIоло цо млрд-са цIикIкIун гъурущги харж гьабизе ккола гьелда тIад. Гьединлъидал 110 млн гъурщида божун чIани, иш цебехун унарин абуна гьес. Гьелъиеги цо чIванкъотIараб жаваб кьечIо министралъ.

Гьелъ гьединго бицана транспорталъулгун нухазул маг1ишаталъул министерлъиялъеги т1адеги нусго млн гъурущ биччалеб бугиланги.
Сессиялъул байбихьуда фракциязул нухмалъулез политинформация гьабулеб гIадатги баккун буго гьанже. Гьедин, масала, «патриотазул» цевехъан Эдуард Хидировасул кIалъай букIана Россиялда дагъистаниязда данде лъазабураб рагъуда хурхараб.

Эдуард Хидиров: «Политикаялъулъги, шоу-бизнесалъулъги, цогидалъулъги машгьурлъарал дагъистаниял дагьал гьечIо, амма гьелъул бицунеб бакIго гьечIо ахираб заманалда. Федералияб даражаялда ругин тола дица гьедин дагъистаниял суризаризе бокьарал чагIи. Амма улкаялъул нухмалъиялъе къваригIараб жо гуро гьеб. Кин букIаниги Дагъистаналъе кIудияб квалквал буго гьединаб имджалъул. Гьединлъидал, дир хIисабалда, имидж борхизабизе гIарац биччазе ккола. Информациялъул политикаялъе биччалеб буго 300 млн гъурущ. Гьелда гьоркьоб имиджалъул бицараб бакI гьечIо. Какизе бакIалги ратила нилъер, амма чияца гьеб гьабизе бокьулеб гьечIо. ПалхIасил, патриотизм бижизабизе къваригIун буго. Гурони нилъехъе киданиги инвестициялги рачIунаро».

ГьададигIан кIудияб Америкаялда терактал щай дагьал кколел, малъгIанасеб Дагъистаналда гьел гIемер щай кколел абун гьикъулеб букIана «справедливороссазул» цевехъан Камил Давдиевас.
Москваялдагун МахIачхъалаялда гьоркьор рорженал гьарулел самолетазда рекIине хIинкъараб букIиналъулги рорженалъул багьаги хираго букIиналъул бицана «Единая Россиялдаса» Муса ГIумаровас.
Гьединал щибаб нухалда гьарула гьенир, амма цониги нухалда гьезул хIасил кинаб ккарабин гьикъуларо нахъисеб сессиялда.
XS
SM
MD
LG