МагъчIваялъе рес

Дагъистаналда культураялъул даража гIодобе кколеб буго


22 апрелалда МахIачхъалаялда байбихьана экономикиябгун культураялъул форум. Гьенире рачIун руго Россиялдасаги гьеб тун къватIисаги гьалбал – Туркиялдаса, Азербайжаналдаса, Казахстаналдаса, ГIиракъалдаса.

Россиялда вугев ГIиракъалъул официалияв вакил ИсмагIил Шафи МухIтесиница загьир гьабуна Дагъистаналде гьабураб сапаралда тIасан жиндирго пикру.

ИсмагIил Шафи МухIтесин: «Дун тIоцеве щвана Дагъистаналде, амма нижехъ гIумру гьабун рукIана чанги дагъистаниязул хъизамал. Гьезул гIадатал ва маданият кинаб бугебали лъала дида. Дагъистаниял хIисабалдаги гьез жалго рихьизаруна лъикIаб рахъалдаса. ГIиракъалда гьел рукIана лъикIаб тIадегIанаб хъулухъалда. Дагъистаналдаса чи вукIана цо заманаялъ Багъдадалъул губернаторлъун ва ГIиракъалъул аскариязул генералияб штабалъул нухмалъулевлъунги. Гьез жалго рихьизаруна бахIарчиял, яхI намус кIудиял гIадамал хIисабалда».

Гьалбадерида бихьизабуна Дагъистаналъул устарзабаз хIадурараб къайиги, миллиял мацIазда ахIулел кучIдулги. Хадуб рагьана аслияб майданалда цIи гьабун къачIараб «Дагъистан» абураб миллияб тукенги. Цинги киналго къокъана Гьудуллъиялъул Минаялде, экономикаялъулгун культураялъул бицине.

Россиялъул цониги субъекталъулгун гьанжелъагIан Дагъистаналъул цониги проект гьечIо я культураялда, яги экономикаялда тIасан гьабураб. Маадугьалихъ бугеб Азербайжаналъулгунгицин гьечIо гьединаб проект. Гьанжеялдаса нусго соналъ цебейин абуни гьединал бухьенал кIияздаго гьоркьор цIикIкIун рукIана. Гьедин абуна республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас. Гьесул рагIабазда рекъон, Дагъистан киданиги букIинчIо гьанже гIадин батIа кIанцIун чIун.

Рамазан ГIабдулатIиповас бицана Дагъистаналда ругин гIезегIан Культураялъул Рукъзал. Амма гьез гьабулеб хIалтIул 50 процент бугин порнографиялда релълъараб. Гьединго Россиялда Дагъистаналъ тIоцебесеб бакI кколеб буго терроралъул рахъалъ. Гьеб ккола культура нахъе ккун букIин.

Ахираб заманалда раккана Россиялъул цIалул тIадегIанал идарабазул филиалал. Гьезул хIалтIуда ракI рекъоларого низам цIунулез хал гьабуна 67 филиалалъул. Гьезда гьоркьоса 8 филиалалда гурони ракI рекъон гьечIо гьезул.

Дагъистаналъул культураялъул бицунаго нухмалъулес абуна республикаялъул устарзабаз хIадурараб кинаб тIагIел босаниги, гьелда гъорлъ бугила экономикаги берцинлъиги.
Ахираб заманалда Дагъистаналдаги гьелда сверухъги гIумру лъикIлъаниги, культура нахъе кколеб бугин, яхI-намус лъугIулеб бугин абуна гьес.

Рамазан ГIабдулатIипов: «МагIарул чиясе гьелдаса къиматаб жо букIинчIо щибниги, гьединлъидал нилъее хIажат буго гьелде тIадруссине. ЯхI-намус гьечIони либералияб рынокалъулаб экономикаялъул жо кколаро. Инсанасул къадру къимат гьечIони, нилъехъа гIуцIун бажаруларо сах саламатав чи жанив вугеб жамгIият».

Гьединго Дагъистаналда ахираб заманалда ккарал хиса-басиязул бицунаго, Рамазан ГIабдулатIиповас абуна бакIалъул нухмалъулел лъикI хIалтIиялъул рахъалъ Дагъистан Россиялда 79 абилеб бакIалда букIун батани, гьанже I9-20 абилел бакIазде бачIун бугила.
XS
SM
MD
LG