МагъчIваялъе рес

Блогеразул даптар


Шамат къоялъ Дагъистаналъул блогосфераялда киназго бицунеб букIана МахIачхъалаялъул мэр Саид Амиров цIех-рехалъул идарабазул хIалтIухъабаз ккун вачун ун вугилан. Блогераз бицухъе, МахIачхъалаялъул Ленинил цIаралда бугеб майданалда вертолетги рещтун вачун ун вуго шагьаралъул нухмалъулев.

Официалиял лъазабиял рачIинегIанго чанго сагIаталъ цебе блогераз цоязда хадуб цояз тасдикъ гьабулеб букIана информация. ГьабсагIаталда гьединго информация тасдикъ гьабуна «Черновик» газеталъ, «Лайфньюс» ва «Риа Новости» сайтаз. Интернет-сайтаз информация мухIкан гьабун хадуб блогеразул гIемерисез рикIкIунеб буго информация гьедин бугин. «Лайфньюс сайталъ хъван батани мухIканго абизе бегьула гьеб информация битIараб бугилан», - абун хъвалеб буго Зарема Бамматовалъ Фейсбукалда. Журналистка Зарема ХIасановалъ хъвалеб буго тIадегIанаб даражаялда операция тIобитIун бугин. Амма цо-цо блогераз рикIкIунеб буго гьадинго цIех-рех гьабизе вачун ун ватизе бегьулин, гьебго вертолеталъ восун нахъе лъезе рес бугин Саид Амиров. Блогосфераялда щибаб минуталъ цIияб информация баккулеб буго.

Цойги темабазде. Гьаб анкьалъ Дагъистаналъул блогосфераялда бищунго гIемер гьоркьоб лъураб тема букIана цебесеб анкьалъ рукIарал терактал. Аслияб къагIидаялъ блогеразул дагIба букIана щай гьаб кьвагьа-гIанхъи къотIулеб гьечIеб абураб суалалда тIаса. 25 маялда МахIачхъалаялда Расул ХIамзатовасул къотIной кьвагьарай Мадина ГIалиева йикIана цееккун кIицул росасе йикIарай ва кIиябго нухалъ росал чIван хутIарай. Блогер АхIмад Мусаевасул пикруялда рекъон, гьединал руччабал хасаб сияхIалдеги росун, гьелгун психологал хIалтIизе ккола. «Дида лъаларо щай гьеб хIалтIи гьабулеб гьечIебали, кьвагьаралщинал руччаби гIемерисел рукIана чIварал яргъид гIуцIаразул чIужуяллъун», - абун хъвалеб буго гьес жиндирго блогалда. «Бищунго аслияб суал буго щай чIужугIадан жийго жинцаго чIваялде уней йигей. КигIан ругел гьединал чагIи ва сунца гьел гьеб такъсиралде тункулел? Гьеб суалалъе жаваб балагьичIого кьвагьулел гьоркьоса къотIизе гьечIо», - абун хъвалеб буго Аслудин Асадулаев абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блогерас. Хадижа МухIамадовалъ хъвалеб буго, терроризмалда данде къеркьеялъул мисал босизе кколин ИзрагIилалдасаян.

Щиб гьабизе кколеб теракт гьабураб бакIалде ккани абураб суалги гьоркьоб лъолеб буго блогераз. Цереккун рукIарал такъсираз бихьизабухъе, цо гьитIинабго такъсиралдаса хадуб кколеб буго жеги кIудияб. Гьединлъидал кьвагьи ккараб бакIалдаса лъутизе кколин жиндир заманалдаян хъвалеб буго гIемерисез. «Нилъер гIадамал гьединаб бакIалдаса лъутичIого, гьелъул гIаксалда, гьенире рекерула. Цониги гражданияв чи хвезе вукIинчIо Орджоникидзе къотIноб ккараб кьвагьиялъул хIасилалда, жиндир заманалда гьел гьениса аралани», - абун хъвалеб буго Зарема ГIабдурахIимовалъ.
Цойги блогераз кIвар кьураб суал ккана хамиз къоялъ букIараб Дагъистаналъул парламенталъул сессия. Гьениб къабул гьабуна Дагъистаналъул президент парламенталъ вищизе рес кьолеб къанун. Гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун ахIи-хIур дагьаб гIодоцун букIаниги ахираб заманалда, нахъойги гьелъул хIакъалъулъ суал борхана блогераз сессиялдаса хадуб.

Фейсбукалда рехсараб къануналъул хIакъалъулъ гIемер хъвадарулев блогер МухIамад ЦIунтIински: «Дида ккола жакъа къоялъ республикаялда бугеб ахIвал-хIалалда рекъараб къанун къабул гьабун бугин Дагъистаналъул парламенталъ. Гьеб темаялда тIаса цIакъго гIемерал бахIсал ва тIасанкIалъаял рукIан интернеталда. ГIемерисез ургъунго ахIи-хIур бахъинабулеб букIана, гьеб къануналъ дагъистаниязул ихтиярал хвезарулел ругилан. Дир хIисабалда, гьел дагъистаниязул ургъел букIун кIалъалел чагIи гуро, гьел ккола хасал политикиял къуватазул интересазе гIоло къеркьолел чагIи. Гьеб темаялда хадур гьез рахчун руго батIиял гIиллаби. Интернеталда гIемер гьеб темаялда тIасан бахIсал гьарулев ва макъалаби хъвалев чи хIисабалда, дица хал ккола киналъулго ва божарав вуго гьабсагIаталда Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалалъ рес кьолеб гьечIин нилъее ритIухъал рацIадал рищиял тIоритIизе. Къокъго абуни, нилъер гьаниб демократия жеги цебетIун гьечIо нилъецаго регионалъул нухмалъулев вищизе рес кьолеб даражаялде щун. Киназдаго лъала кигIан гIисинал ругониги рищиял, рукIа абе гьел росдал бегавул вищулел, мухъалъул нухмалъулев ялъуни депутатал рищулел, гьениб кIиго политикияб къуват цоцалъ тункарабго, рищиял сверула кьвагьа-гIанхъиялде ва чIвай-хъвеялде».

Гьединал рук1ана гьаб анкьалъ Дагъистаналъул блогераз гьоркьор лъурал аслиял суалал.
XS
SM
MD
LG