МагъчIваялъе рес

Дагъистаниязул берал "рагьизарулел" руго блогер Илья Варламовас


Гьал къоязда МахIачхъалаялда щвана Москваялдаса машгьурав блогер Илья Варламов. Интернет-сайтазда ругел жиндирго гьурмазда Варламовас МахIачхъалаялъе кьурал квешал къиматаз дагъистаниязда гъорлъ бахIсал раккизаруна. Рищнидул цIураб хъубаб шагьарлъун батана МахIахъалаилан хъвана Варламовас жиндирго интернет-даптаралда.

Илья Варламов лъалаан дуниялалда бугеб чанги шагьаралде щварав блогер гIадин. Хадуб жиндирго даптаралда блогерас шагьаразда тIаса хъвай-хъвагIаял гьарулаан. ТIоцебесеб хъвай-хъвагIаялда авторас шагьаралъул квешал рахъал рихьизарула, кIиабилеб хъвай-хъвагIаялда бицуна пуланаб шагьаралда лъикIаб щиб батарабали. Архитектурагун шагьаралда бугеб ахIвал-хIалалъул хал гьабулаан Варламовас. Москваялъул мэриялъ гьесул эксперталъулаб пикру лъазабулаан, шагьаралъул пуланаб проект тIубалелда цебе.

МахIачхъалаялда вачIаравго Варламовас жиндирго твиттералда хъвана шагьаралда рищни бакIарулел хъулухъал хIалтIулел ратуларин. Микроблогалда гьес лъуна МахIачхъалаялъул суратал. Гьел суратазда рахъун рукIана тIалъелал гьечIел люкал, бокьахъе ва бокьарал бакIазда седон ругел лъазабиял, шагьаралъул централда кьватIараб асфальт ва гь.ц.

Россиялъул жинда рихьарал регионалиял центразда гьоркьосан цIакъго квешаб шагьарлъун МахIачхъала батанин, хъвана Варламовас жиндирго блогалъул «Квешаб шагьарин» абураб рубрикаялда. «Архитектураялъул тIалабал цIуничIеб, чорокаб, сурукъаб шагьарин МахIачхъалаялда абуни - мекъи ккезе гьечIо. Гьелда релълъарал шагьарал Азиялъулгун Африкаялъул мискинал улкабазда гурони рихьичIо», - ян хъвана Варламовас интернет-даптаралда.

Шагьаралда кIвар кьезе кколеб суаллъун блоггерасда бихьун буго рищни-къулалъул масъала. «Шагьаралъулаз гIумру гьабулел минабазул гордабазда гъоркь рищнидул гохIал рижун руго, нухда рехун толел руго рищни жаниб бугел пакетал, рищни-къул рехулеб хасал бакIазда гIадлу гьечIо ва гьенир кваналел гIачи ратизе бегьула. Амма жалго махIачхъалаялъулазда хъубал чагIиян абизе кIоларо. КъотIнор чорокаб ретIел ретIарал данде ккечIо. Шагьаралда рихьана багьаял минаби, багьаял автомобилал, лъикIал ресторанал ва кафеял, амма щаялиго рищни гьечIеб къватI данде ккечIо», - илан хъвана блоггерас.

Гьесул пикруялда рекъон, гIадамаз гIайиб чIвалеб буго шагьаралъул администрациялда. «Амма мэриялъищ абулеб бугеб гIадамазда гордухъан къватIире рищнидул пакетал хьвагIеян? ГIемертIалаяб минабазда гIумру гьабулез къватIиреги рахъун щай азбар бацIине бегьулареб?», - ян суал лъуна Варламовас. Квешаб къимат гьес кьуна жамгIияб транспорталъеги. Гьесул рагIабазда рекъон, машруткаби аслияб транспортлъун шагьаралда ругеб мехалда, бичIчIула хехго шагьаралда гIемер масъалаби рукIин.

Гьединго гьес абуна, диниял тадбиразда гIадамал хехго ракIарулин, амма гьесда бичIчIулеб гьечIо, щай гьел гIадамал ракIаризе бегьуларел жамгIиял акциябаздеги. Мисалалъун гьес бачана Имам Шамилил цIаралдалъун бугеб къватIалъул байбихьи. Гьениб Шамилие мемориалалъулаб хъвай-хъвагIай гьабун буго, амма гьеб хъвай-хъвагIаялъул цо-цо хIарпаби рекун руго, мемориалалдаса плитка тIутIун ун буго. МахIачхъалаялдаса Крымалде автопробег гьабизе хIаракат бахъана гIадамаз, амма Шамилил цIаралдалъун бугеб къватIалъул мемориал къачIазе рахъине хIаракат лъицаниги бахъун гьечIин, хъвана блогерас.

Варламовасул критика рекIее гIечIел гIамерал ратана. Интернет-сайтазда ругел дагъистаниязул къукъабазда блогерасул рахъалде абичIеб рагIи течIо. «Москваялдаги ратизе бегьула гьединал хъубал бакIал», «Чорокав чиясда чороклъи батула», «Гьекъолдун холел гIурусазул хъвазе ккола гьанже», «Бегьулищ гьоболас гьединал жал хъвазе», «ГIарацги кьун, Дагъистаналъул нухмалъи квешаб рахъалдасан бихьизабизе витIарав чи вуго гьев» - гьединал баянал толел рукIана блогерасул критика рекIее босичIез. Амма гьанибго тIаде жубала, гьел баянал гIемерисала толел рукIана пачалихъиял идарабигун бухьенал ругезги, хIукуматалъул рахъ кколезги.

Блогерасул критикаялдаса разиял дагьал рукIинчIо. Мисалалъе, журналист МухIамад МухIамадовас хъвана, Рамазан ГIабдулатIиповас МахIачхъалаялда чороклъиялъул цIураб шагьарин абулеб мехалда, ура-патриотал разилъулин ва республикаялъул нухмалъулесул рагIаби тIиритIизарулин. «Гьелго рагIаби Варламовас абураб мехалда, щай гьезие рекIее гIолеб гьечIеб? Варламовгун ГIабдулатIиповас мекъаб жо абулеб батани, щай нужеца моцIида жаниб чанги нухалда субботникал гьарулел? Яги нужеца ахIи-хIур бахъинабулеб буго цогидаб гIиллаги батун? Нужер субботникал гьадингосел жал рукIин гьанже киназдаго бичIчIун букIиналъищ ахIи-хIур бахъинабулеб бугеб?», - илан хъвана МухIамадовас.

Шагьаралъул администрациялъул прес-хъулухъалда «Эркенлъиялъе» абуна Варламовасул хъвай-хъвагIаял рихьанин мэриялда ва гьевгун рази гьечIин абизе кIоларин.

Зайнаб ГIалимирзаева: «Бихьана гьес хъвараб жо ва хIисабалде босана. Амма гьес хъвазегIанги гьес рехсарал масъалабазул хIакъалъулъ мэриялда лъалеб букIана. КIвар кьезе кколел суалал гIемер руго шагьаралда, гьезда тIад хIалтIулел руго. Варламовасги цогидал блогерзаги хъварабщинаб нижеда жиб-жиб къоялда бихьула».

Гьединаб баян кьуна мэриялъул пресс-хъулухъалъул хIалтIухъан Зайнаб ГIалимирзаевалъ.

Гьанибго тIаде жубала, МахIачхъалаялдаса блогераз 3 февралалда суратал рахъана Имам Шамилил цIаралдалъун бугеб къватIалъул байбихьуда лъураб мемориалалъул. Гьеб мемориалалда ремонталъул хIалтIаби байбихьунин ругин, хъвана блогераз.

«БукIана гьадинаб шагьар» проекталъул менеджер Анна ХIажиевалъ абуна «Эркенлъиялъе» кинал-рукIаниги хиса-басиял гьарунин ва гьаризеги ругин Варламовасул гIадал хъвай-хъвагIаяз.

Анна ХIажиева: «Щиб букIаниги хисизабула гьединал чагIазул къиматаз. Мисалалъе, Имам Шамилие лъураб мемориалалда ремонт гьабулеб буго, тIалъелал гьечIел люкал ралагьулел руго мэриялъул администрациялъ. Гьанире рачIарал блогеразги Дагъистаналдаса блогеразги гьединал хъвай-хъвагIаял рахъин лъикIаб ишлъун бихьула дида. Диени бокьилан Варламов жеги гьаниве вачIине».

«ЛъикIаб шагьар» абураб рубрикаялда блогер Варламовас гIемерисала хъвана МахIачхъала кинаблъун бахъине бегьулебян. Буйнакскиясул цIаралдалъун бугеб къватI туристазе къачIазе бегьулин, хъвалеб буго Варламовас. «Шагьаралда басриял минаби яги къачIалел гьечIо, яги риххулел руго. МахIачхъала Каспий ралъадалда бугеб шагьарлъун ккола. Туризм цебетIеялъе киналго шартIал руго гьанир, амма аслияб шартI - хьул - гьечIин абизе бегьула», - ян хъвана Варламовас. Гьесул пикруялда рекъон, бокьани лъабго-щуго соналдаса МахIачхъала сверизабизе бегьула цебетIураб шагьаралде. Амма, бокьаниха…

XS
SM
MD
LG