МагъчIваялъе рес

Расулги, обкомги, "Африкаялъул инкъилабги"


Нилъеца араб гьатIаналъ бицун букIана Расул ХIамзатовасул "Дир Дагъистан" абураб тIехьалъул тарихалъул. "Дир Дагъистан" бахъана тIоцебе авар мацIалда. Аваралдаса гIурус мацIалде гьелъул рагIи ккун таржама гьабизе (подстрочный перевод) тIад къана ГIумархIажи Шахтамановасда.

Расулги, обкомги, "Африкаялъул инкъилабги"
please wait

No media source currently available

0:00 0:05:37 0:00
Интернет-мухъ

Шахтаманов вукIана Расул ХIамзатовасул гьудул ва кутакалда лъикI адабият бичIчIулев, лъай бугев ва бегIерав чи. Живго Расулги лъикI лъалев вукIана гьесда. Гьесул пикру, рагIи, хатI, асар кинабго кучIдулъ ва гIумруялъулъ бихьун букIана Шахтамановасда.

Кутакалда лъикI ва камилго гIурус мацIги лъалаан Шахтамановасдаян бицуна гьев лъалев вукIарал чагIаца. Буссинабуна гьес гIурус мацIалде "Дир Дагъистан" абураб техь. Гьесул перевод кьуна Расулица подстрочник хIисабалда гIурусазул таржамачи Владимир Солоухинихъе.

Бицуна кIвар кьун Шахтамановасул хIалтIиги цIалун Солоухиница абун бугила, гьаниб дие гьабизе хIалтIиго тун гьечIо, гьаб жо подстрочник гуреб художествияб перевод бугин. Расулие бокьичIеб къагIида гьеб жаваб ва тIад чIун тIалаб гьабула Солоухинидаса "переводчиклъи".

Расулида, хIалбихьи бугев политикасда бичIчIулеб букIана, жиндир тIехь гIурус мацIалде Шахтамановас буссинабунин тани, метер Дагъистаналда тIоцере дагьаб жо реххарал къаралаз, хадур хутIарал магIарулаз абизе рес буго: "Шахтаманов вукIинчIевани Расул гIурусазда лъалароан, гьес "Дир Дагъистан" буссинабун машгьурлъанин гьев къватIив" абун.

Солоухиница гьабуни гьев ракIалдецин щоларо. ХIажат букIана гьеб пикру къаникь лъезе ва тIад чIун Солоухинида тIад къала "переводчиклъи". МухIамад АхIмадовас бицуна, ЦДЛалда лъаларо, Переделкинолда лъаларо тохлъукьего нухда дандчIварав Солоухиница гIайиб ккарав гIадин Шахтамановасда аскIовги вачIун абунила: "Омар, буссинабичIо дица "Дир Дагъистан", гьедин кканаха..."- ян.

Шахтамановас квер хьвагIанила гьеб бигьаяб жойин. Гьеле гьеб "гьедин кканаха" абурал рагIабазда нахъа щиб бугебали кIиясдаго бичIчIулеб букIун буго. Расул ХIамзатов тIараде унев вукIана. Гьесул асаралги руссинарулел рукIана дунялалъул мацIазде ва живгоги дунял тирулев вукIана. Кубаялде ун Кастрода буртина ретIун, Гьиндустаналде ун Индира Гандие тIугьудул кьун, Европагун Азия рагьун букIана шагIирасе, хутIараб дунялалъе гьукъун бугеб мехалда къватIире ин. 1974 абилеб соналъ гьесие кьуна СССРалъул бищунго тIадегIанаб ва къанагIатаб шапакъат - Социалистияб ЗахIматалъул БахIарчиясул цIва.

КучIдул хъвалел рукIана, хъвалел рукIана лъикI, махщалида, пасихIго ва гъваридго. Къо бахъанагIан камиллъулев вукIана. Щвараб ресалъги, пачалихъалъ кьурал шапакъатазги поэзиялдаса гьев рикIкIалъичIо хIакъикъияв поэт вукIиналъ.

Гьесул букIана къанагIат гурони шагIирзабазул букIунареб жиндир творчествоялдаса разилъунгутIи. ГIадада хъварал мухъал рукIинчIо: "Каранда орденал гIемерлъанагIан, цIорона дир пикру гIазда хур гIадин", яги "Дун нухда гуккарал кинодул лентал, кочIой гудур гъурал гургинал реццал" абурал мухъал.

Дагъистаналъул бетIерлъуда МухIамадсалам ГIумаханов вугеб мехалда хъвадарухъабазул хасаб къокъа багъарула АхIмадхан Абубакарил нухмалъиялда гъоркь Расул тахбакIидаса реххизеян. Живго Расул ГIумахановгунги данде кколароан. Абубакарида аскIор рукIанин абула магIарулазул Фазу, Шахтаманов ва МухIамад АхIмадов.

Дол соназда АхIмадханица нухмалъи гьабулеб "Советский Дагестан" журналалда бахъун букIун буго Шахтамановасул "Амбиции и позиции в национальной литературе" абураб макъала, ГIадало ГIалиев, Расул ва Хъвадарухъабазул Союз какараб. Хъвадарухъабазул съезд лъугIун къватIив вахъарав Расулида журналисталъ гьеб макалаялъул гьикъидал гьес пахруго абун буго: "ГIемерал кIудиялги кIвар бугелги асарал хъвалел ва цIалулел хутIана, съездалде хIадурлъана, жеги гьеб "шедевралде" ирга щвечIо цIализе, цIалун хадуб жаваб кьела"- ян. ХIасил калам, гьеб къеркьеялъулъ оппозиция къунин абизе бегьула. Шахтманов киса-кивегоги ватIа гьавун хIалтIи гьечIого тана, АхIмадов ун вуго Москваялде гочун, Фазуги Абубакарги ГIумаханов нахъе инегIан обкомалде нахъе рортанхъулел хутIун руго.

Живго Расулица бицунаан цо къоялъ хIалтIудасаги ватIа гьавун вукIанила жив. "Москваялдаса дун щвезегIан руго бицунел Союзалъул председателлъун АхIмадхан вищун вугин. АхIана Союзалъул правление ва гьикъана лъица тIамун нужеца председатель вищаравин. Обкомалъ изну кьунила. Кьурана киназдаго цебе ГIумахановасухъе, дов лъугьана жал бергьенлъиялъул къоялъул парадалде къачIалел ругин, жинда лъалеб жо гьечIин.

Хъамуна киналго гьениса нахъе ва хIинкъизаруна жанир лъезе ругин. Хадусеб къоялъ площадалда парадалде вачIунев вуго М-С ГIумаханов обкомалъул тIоцевесев секретарь ва Шагьрудин Шамхалов Верховный Советалъул председатель. Данде щварабго дица велъулаго абуна: "Щиб ккараб нужер африканский перевороталъул?" - абун. ГIумахановас абун бахъараб жо ккечIо, Шагьрудин лъугьана гьедаризе жинда лъалеб жо букIинчIин.

Дица абуна, лъалареб батани сундулха гьаб сагIат дуца дие бицунеб бугебин. Лъалаан досда, хъулухъ цIунулев вукIана дов..." - ин лъугIизабуна Расулица. Расул лъугьана цIакъго кутакав чилъун Дагъистаналъе.

Халкъалда гьоркьоб тIибитIана дол соназда гьев вахъеян Брежневасухъе арав ГIумахановасда генсекас абун бугила, мун хисизе дир къого чи вугин гьаб сагIат, Расул ХIамзатов гIадал чагIи гIасруялъ цо-цо кьолин. БукIараб букIинчIеб лъаларо, амма букIун батичIониги, цIакъ букIине рекъараб хIакъикъат букIун буго гьебги. Хабар лъикIаб рагIайги.

======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG