МагъчIваялъе рес

"НПК"ялъул хитIабал, хIисабал ва сулал


Ахираб заманалда Дагъистаналда машгьурлъи щвараб НПК (Народ против коррупции) партиялъул рахъ ккурал чагIаз кIиго батIияб хитIаб гьабуна гьаб анкьалъ. ТIоцебесеб - "НПК" партия - Кавказалда В. Путинида мугъчIвай гьабулеб партия" абураб хитIаб гьабуна журналист ва гьеб партиялъул рахъ ккураздаса цояв Руслан Гереевас.

"НПК"ялъул хитIабал, хIисабал ва сулал
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:17 0:00
Интернет-мухъ

КIиабилеб хитIаб букIана Дагъистаналъул гIолилазул министерствоялъул жавабияв хIалтIухъан, блоггер, гьебго партиялъул хIаракатчи МикагIил МикагIиловасул рахъалдаса.

МикагIилил цеве вахъиналъул аслияб пикру буго жакъа Дагъистаналда гIун бачIунеб буго цIияб, иш лъалеб ва бацIцIадаб гIел. Гьелъие мисаллъунги вачунев вуго "НПК" партиялъул цевехъан МухIамадхIабиб Тажудинов ва гьесда Москваялъ божилъи гьабураб цIияб партия.

Гьеб макъала цIалун ва гIаммаб политикияб рагъа-рачариялъул хIисаб гьабун рижана гьадинал пикраби. Щиб нилъее, я чиновникал гурел, я "Единая Россия" партиялда гьечIел гIадатиял гIадамазе кьелеб гьаз бицунелъ ва цIияб партиялъ? Дица цебеххун хъван букIана чанго макъалаялда, халкъалъул интересал цIунун цебе бахъулеб партияб букIин цIакъ лъикIаб иш бугин.

Жакъаги инкар гьабиларо гьеб пикруялдаса. Щай гурелъул бюджеталдаги, чиновниказдаги хадуб жамгIияталъул рахъалдаса хъаравуллъи букIинги, политикияб конкуренцияги чара гьечIого хIажатаб жо буго нухмалъи камиллъиялъе ва коррупция дагьлъиялъе. МикагIилица абулев МухIамадхIабибги ватила вацIцIадавги, лъай бугевги чи. Амма дида гьаниб халлъулеб буго кIиго политикияб гъалатI партиялъул ва гьелъул хIаракатчагIазул рахъалдаса.

ТIоцебесеб - чIван къотIун жал жакъасеб республикаялъул власталда данде чIарал чагIийищ, рахъ кколел чагIийищ абураб пикру загьир гьабунгутIи. Рищиязул электорат гIуцIизе ккани гьеб кIвар бугеб рахъ буго.

КIиабилеб - дица цебеххунги хъвараб, рухIияб идараялъул партия гурин абураб жо гIадамазухъе бугIизе лъугьин. РухIияб идараялдаги, муфтиясдаги хадубгIан кIудияб политикияб къуват цониги хъулухъчиясул гьечIо республикаялда. Идара нижеда нахъ гьечIинги абун муфтиясул заместитель партиялъул цевехъанлъун лъурабго избирателасул бижулеб буго асар жал гуккулеб гIадаб асар.

Дир пикруялда гьеб бахчизе кколаро рищиялде унел чагIаца. Гьаркьал гьеб партиялъе гIадамаца кьезе рес буго кIиго принципалъ: тIоцебесеб - устарасда божарал муридзабаца гьес рахъ ккураб партия хIисабалда, кIиабилеб - гIурусаца абухъе, кIиго квешлъиялдаса гьитIинаб тIаса бище абураб принципалда рекъон, жакъа парламенталда ругел рихун.

Амма аслияб политикияб гъалатIлъун бихьана Руслан Геревасул "НПК - Кавказалда В.Путинил мугъчIвай гьабулеб партия" абураб хитIаб. Гьаб лозунг цIакъго тIадагьаб жо букIин бихьулеб жо гьечIищха? Коррупциялда дандеги рагъун, Путинил рахъги ккун, ал щалгунха къеркьезе ругел? Зюгановгунищ?

Кин ал В.Путингун рагъизе ругел киналго чиновникал Кремлиялдаса рахъарал росдал колохъе щун Москваялъул вертикалалда гъоркь ругеб мехалда? ХIакъаб жо буго жакъа Кремлиялъ изну кьечIого цониги партиялъе бакI щунгутIи, хIалбихьигIаги гьабизе ккеларищ гьеб коррупциягун къеркьезе Путиние ритIухълъиялъул гьа базе рортилелде цере? БатIаго азул рахъ кквеялъухъ валагьун довги ватиларо.

Политикаялда, хасго жамгIияб политикаялда цIакъ кIвар бугеб рахъ буго кколеб рагIи абизеялдаса, кколареб абичIого тезе лъай. Гьеле гьеб кколареб абичIого тезе лъан гьечIо дир пикруялда "НПК"ялъул вакилзабазда, ниж Путинил рахъги ккун коррупциягун къеркьезе унел ругин абулаго.

Кин букIараб доб Хайямил рагIабалъ? "Мун кидаго вуго дуца абураб рагIул лагълъунги, абичIого таралъул хважаинлъунги" - ян гурищ? ГIедегIулел руго цо-цо мехалда хитIабазде. ГIайиб чIваларо, мандат бокьун батила, машина, кабинет курортазда бакIалда хиял лъун батила, амма дигьаб хIисабалда, ургъун лъураб галуца щолин мурадалдеян абулаха умумуз. МагIарулаца абухъе, "рохьоб чан букIаго цIеда лъураб хьаг, яги гIурухъе щвечIого рахъарал хьитал" дагьал санагIат гьечIого рукIуна.

Гьаниб цо бичIчIулареб жо лъугьунеб буго. В.Путинил аз рахъ ккун батани гьесул вакил, республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасда дандечIей досда мекъи бихьиларищ? Бихьила валлагь.

ГIабдулатIиповасдаги данде ратичIони дагьав цевегIан гьес хъулухъалда тарав пуланаб районалъул пуланав бетIерасда щиб абилеб? Щибнги абиларо. Районалъул бетIергунги рекъон хIалтIани, гьес тарав росдал бегавуласда гIайиб щиб? ГIайиб букIинаро гьесдаги. Щибха алъул ккараб? Лъицаха алда цIар лъураб "Народ против коррупции" абун. Хабарал лъикIал рагIайги.

XS
SM
MD
LG