МагъчIваялъе рес

"Дун ЦКялъ тIамуна Шамил какизе, мун лъица?.."


Расул ХIамзатовас имам Шамил какараб кечI хъваялъул бицун букIана нилъеца араб гьатIан къоялъ. Гьанже бицина живго Расулил рагIабазда рекъон гьев какиялде сунца поэт вачаравали.

"Дун ЦКялъ тIамуна Шамил какизе, мун лъица?.."
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:44 0:00
Интернет-мухъ

Расулица ракIалде щвезабуна гьеб кинабго: "Грузиялда къватIибе биччан букIана тарихияб тIехь "имам Шамиль - ставленник султанской Турции и английских колонизаторов" абураб цIаралда гъоркь. Жанир гIемерал тарихиял хIужаби документалги ругеб тIехь бугоан.

Гьеб тIехь цIалун къосана дунин абизе бегьула. РакI-ракIалъ божана Шамил гьединав чи вукIиналда, загIипалго щакдарабиги рукIана. Гьеб вас-васалда дун вукIаго гIелмияб конференциялда гьеб тIехьалда хъварал жал ритIухъ гьарураб докладгун кIалъазе вахъана живго ГIабдурахIман Данияловги. ГIабдурахIман дие кIудияв авторитет вукIана.

Гьеб асаралда гъоркь бижана гьадаб кечIги. Цо къоялъ совминалъул кIалтIа дандчIвана Данияловгун. Салам каламалдаса хадуб ГIабдурахIманица гьикъана:

-Щиб хъвалев вугев? - ан. Балагьараб мехалда гьесухъе сигнал щун букIун буго дир "гьунаразул". "Имамасул хвалчен" абураб кечI бахъун букIана.

- "Имамасул хвалчен" ...- инги абуна дица гьесда бичIчIулебги лъан сундул бицунеб бугебали. Гьев гIажаиблъи гьабурав гIадин дихъ валагьун чIана. Къаси жиндихъе вакке хабаралъеянги абун ана. Дида ГIабдурахIман ватана живго рокъов.

-Кибха бугеб гъоб? - ин гьикъана ГIабдурахIманица. Дида бичIчIана сундул бицунеб бугебали. ЦIалана дица кечI. Гьев сихI тун гIенеккун вукIана. ЦIалун бахъана. ГIабдурахIман мугъзада нахъа квералги лъун рукъ сверун хьвадулев вукIана. Хадув дихъги валагьун гьикъана:

-Щай дуе гьеб? - ин бадибчIвай гьабулеб гIадин. Дун виххун ккана бичIчIуларого ва абуна:

-Мунги вукIанагури гIелмияб конференциялда доклад гьабулев гьабго жо бицун?..

- Дун ЦКялъ тIамун кIалъазе ккана, кIалъачIого бегьуларого, мун лъица толев вукIинчIев Шамил какичIого? - ян. Гьеб мехалда бичIчIана дида гьеб кинабго политика букIин ва кин бижараб Грузиялда гьадаб тIехь ва щай Даниялов цеве вахъаравали. Амма гьеб кантIи кватIараб букIана. Дир асар мугIрул регун, гIорал рахун гIаламалъухъе щун букIана" - ян абуна Расулица.

Хадуб тавбу гьабиялъул ва мугIрул халкъалда тIаса лъугьин гьариялъул тарих нужеда рагIана, цIалана ва нусцIул бицана. Гьеб такрар гьабизе хIажалъи бихьуларо. Гьединаб букIана кIудияв шагIирасул кIудияв имамасда аскIоб гьабураб кIудияб гъалатI. Машгьуралги кIудиялги чагIазул жидер масштабалда рекъарал кIудиял рукIунел рукIун руго гъалатIалги. Гьале цIияб гIасру бачIаниги нилъеца бицунеб бихьуларищха гьелъул. Расул гурелги нус-нус рукIана имам какун кIалъалелги хъвадарулелги чагIи, амма Расулил гьаракь гучаб букIана, гьеб рикIкIаде рагIана ва гIадамаз гьелъул гIемер бицана.

ГъалатI кин ккун букIун батаниги дида лъалеб Расул ХIамзатовасул бищунго кIудияб тIокIлъиялдаса букIана жиндир гъалатIалъе мукIурлъи, тавбу гьаби ва рагьун халкъалда тIаса лъугьин гьари. ГIисинал гIадамал лъугьуна канлъукьа лъутулел гIункIкIал гIадин жалго ва жидер гъалатIал рахчизе картIал ралагьизе. Расул батIияв вукIана. Гьелъие цо мисал.

2000 абилеб соналъул хасалихълъи букIана. Расулица дун ахIана Союзалде ва абуна.

-Жакъа буго Дагъистаналъул тарихияб гIелмуялъул патриарх Расул МухIамадовасул юбилей. Гьев вуго имам Шамил цIунун цеве вахъиялъ цIараздасаги махIрумлъарав, пачалихъалъги къварид гьавурав чи. Дуца гьесие кьезе адрес хIадурлъе хъван. Цо берцинаб папкаялда жанибги рекъезабе, нилъер кIиявго рилълъине ккола сагIат ункъгоялда ГIурус театралде гьесда баркизе - ян абуна Расулица.

Расул юбиляргун ва республикаялъул нухмалъулелгун президиумалда кIусана. Херлъунги вукIана, лъикI гьечIогоги вукIана. Иргадулаб кIалъаялдаса хадуб ведущий жиндихъеги ахIун цо жо щурана. Расул ХIамзатовасул юбилярасе хъвараб барки цIализе буго гьесул вакиласин лъазабуна ведущияс. Киданиги борхатаб сценаги, бадиб речIчIулеб канлъиги бихьичIев ва гьеб бокьуларев дун цеве вахъана баркиги босун ва цIалана залалъе. Гьенир рукIана гьадинал мухъал: "...ХIурматияв Расул МухIамадович , букIана заман хоралъ Дагъистаналъул чIухIиги къадруги имам Шамил какулеб.

Дунги гIахьаллъана гьеб инжитаб хоралда. ЦохIо дур бихьинчилъи гIуна гьениб ритIухълъиялъул гьаракь борхизе ва заманалъул гьорода данде воржине. Дун вохарав вуго мун гьеб гьороца восун инчIого жакъасеб гIорхъоде вачIиналъухъ" - ин абурал.

Залалъ варххиялда хъат чIвана гьал рагIабазе, живго юбилярас тIадеги вахъун къвал бана Расулида. Гьеб букIана халкъалъ шагIирасдаса тIаса лъугьин загьир гьабулеб ва гьесул рахъ кко...

XS
SM
MD
LG