МагъчIваялъе рес

Бегьуларо!.. ЦIакъго бокьун батани, бегьула...


Чехиялъул президент Милан Земаница жиндирго оппонентазе загьир гьабуна февралалъул ахиралда официалияб визитгун вачIунев Узбекистаналъул президент Ислам Каримов къабул гьавиялъе улкаялъул бетIерасул бугеб ихтияр.

Узбекистаналъул авторитарияв лидер Ислам Каримовас хадусеб анкьалда Чехиялде тIобитIизесеб визиталда сверун багъарана кIудияб гъалмагъир. Чехиялъул президент Милош Земание сордо-къоцин къваригIинчIо инсанасул ихтиярал цIунулеб 31 гIуцIиялъул гъулбасал ругеб рагьараб кагътие жаваб кьеялъе. ХитIабалда президент ахIулев вуго инсанасул ихтиярал «мерхьулев», Узбекистаналда «авторитарияб режим» гIуцIарав лидер къабул гьавиялдаса инкар гьабиялде.

12 февралалда бахъараб хъачIаб жавабалда президент Земаница инсанасул ихтиярал цIунулезде гIунтIизабулеб буго дезинформациялъул гIайиб.

Human Rights Watch гIуцIиялъул цIаралдаса рагьараб хитIабалда гъоркь гъулбас лъурав Андрей Штройляйница лъазабуна, жив тамашалъизавунин Милош Земанил жавабалъул хачIлъиялъ ва хехлъиялъин.

Андрей Штройляйн: «Гьесие букIине кколеб къимат кьезе ккола, гьеб букIана цIакъ хехаб реакция. Амма гьеб кагътил магIна букIана ракI хвезабулеб. Гьесул жавабалъ нилъеда бихьизабулеб буго, гIемер соназ Узбекистаналда сверун халкъазда гьоркьосеб жамгIияталда жаниб загьирлъулеб хIакъикъат гьесда щаялиго лъалеб гьечIеблъи».

Чехиялъул президентасда сверун ругел официалиял хъулухъчагIаз абулеб буго, 21-23 февралалда тIобитIизесеб визит кколин цоцалгун гьоркьорлъаби рилъанхъизариялъул гIаммаб практикайин. Гьединабго букIанин 2004 соналда Милош Земанида цеве вукIарав президент Вацлав Клаусил Узбекистаналде визитгиян.

Амма инсанасул ихтиярал цIунулез гьеб аргумент къабул гьабичIо, Вацлав Клаусил визит букIанин Андижан шагьаралда Узбекистаналъул хIинкъигьечIолъиялъул къуватаз 2005 соналда ракълилал демонстрантал бидулаб къагIидаялда рихи-хочинарилде соналъ цебейин абун. Гьелда хадуб Ислам Каримов Магърибалъ нахъ чIвана, Евроцолъиялъ гьесде данде санкцияби хIалтIизаризе байихьана, гьев гьобол хIисабалда къабул гьавиялъул даража минимумалде бачун. Гьеб заманалдаса нахъе Каримовас 20I3 соналда визит гьабуна Латвиялде. Гьебги Афгъанистаналдаса Магърибалъул рагъул контингентал нахъе рачиналъул суал гьоркьо лъеялъе. 20II соналда гьесул визит букIана Брюсселалдеги. Гьенив гьевгун данчIвазе гIицIго Еврокомиссиялъул бетIер Жозе Мануэль Баррозуги НАТОялъул бетIер Андерс Фог Расмуссенги щивниги разилъичIо.

КъватIисеб политикаялъул рахъалдаса Милош Земанил кумекчи Хинек Кмоничекица абулеб буго, Чехиялъул президентасул лъай-хъвай гьабун букIанин Узбекистаналда инсанасул ихтиярал хвезариялда хурхун бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъин. Гьес живгун гара-чIвариялда гьелъул бицинеги бегьулин. Гьес нахъ чIвалеб буго Земаница яхI-намусалъул гIорхъи бахунеб бугин абураб гIайиб.

Хинек Кмоничек: «Каримов ккола Узбекистаналъул президент. Президентал президенталгун кIалъала. Узухъда нилъ хIадурал рукIине ккола кIалъазе цо-цо суалазде хурхун батIи-батIиял бербалагьиял ругеб мехалдаги. Кинха нужеда кIолеб суал рагIалде бахъинабизе, нуж гIадамалгун кIалъалел гьечIони? ГьикъичIони, жавабал щоларо гури!»

Планалда бугеб Евроцолъиялъул улкабазул цоялде визиталъ тамашалъизаруна Евроцолъиялъул инсанасул ихтиярал цIунулел гурелги, Европаялда гIумру гьабун ругел узбекалги. Инсанасул ихтиярал цIунулей Мутабар Таджибаевалъ абулеб буго, чехаз Каримов къабул гьавиялде данде жидерго протест загьир гьабизелъун Прагаялде гIемер узбекал рачIине ругин.

Мутабар Таджибаева: «Андижаналъул лъугьа-бахъиналда хадуб, Евроцолъиялъ санкцияби лъазариялъул къотIи-къаялда гъоркь гъулбасал лъурал улкабазда гъорлъ Чехияги букIана. Чехиялда лъикI лъала гури санкцияби гьарунгутIиялъе загьир гьарурал шартIазул цогIагияб Узбекистаналъ тIубазабун гьечIеблъиги. Чехия Узбекистанде жиндирго партнер хIисабалда балагьулел рукIиналъ цIакъ тамашалъизарулел руго.»

Официалияб къагIидаялда Милош Земаницаги Ислам Каримовасги гьоркьоб лъезе планалда ругел суалазда гъорлъ руго кIиябго улкаялда гьоркьоб авиарейсал рагьиялъулги, Чехиялда гIемерлъулел ругел цIалулел узбеказул къадаралъе визаби кьеялъул суалги. Гьеб гуребги гьезда ракIалда рагIула гьединго экономикиял суалал гьоркьор лъезеги. Цо-цо экспертазул пикруялда, Земанида лъикIаблъул бихьулеб батизе бегьула тIабигIиял сурсатазул рахъалдаса бечедаб Узбекистаналъулгун гьоркъорлъаби щулалъизари.

Чехиялъул бизнесалъул газетаз рикIкIунеб буго Каримовасул визиталъул заманалда Земаница гъулбасизе бегьулин 5-I0 миллион долларалде гIунтIун багьаялъул контракталин.

Политикиял темабаздаса хъвадарулев Прагаялда журналист Ярослав Плеслица абулеб буго, Земаница гьоболлъухъ Каримов гуревги, ахIанин Украиналъулги Туркменистаналъулги президентал Виктор Януковичги Гурбангулы БердымахIамадовгиян. Гьелдаса ракI хун батиларин постсоветиял улкабазда экономикиял ресал ралагьи битIараблъун рикIкIунел чехазулгиян.

Ярослав Плесл: «Земаница жиндирго политика Машрикъалъул рахъалде акцент гьабун билъанхъизабулеб букIана ва нухмалъиялда вугеб гIанаб заманалда гьеб халат бахъинабизеги букIин лъиениги балъголъи кколаро. Рищиязда цебесеб кампания унеб мехалдаги Земаница рагьун абулеб букIана , нилъеца кIвар буссинабизе кколин машрикъалъул Европаялъул улкабаздейин, Россиялде ва Машрикъалда ругел цIиял базараздейин. Гьев гьедин вищизеги вищана.»
XS
SM
MD
LG