МагъчIваялъе рес

Кризисаз лъадарараб Россиялъул гъурущ


Советияб заманалъул 10 гъурущ
Советияб заманалъул 10 гъурущ

Нартил багьа гIодобе кколеб букIиналъ ва санкциял гьарун рукIиналъ гIодобе бортулеб буго гъурщил багьа. Амма абизе бегьула гьеб гьелъие цIияб жо гурин ва гъурщие стрессал цереги ккун рукIанин.

Долларалъул багьа 50 гъурщидаса цIикIкIун букIиналъ ракIалде щвезарулел руго ахирисеб 25 соналда жаниб Россиялда чанго нухалда рукIарал цоги кризисал.

Президентлъун Борис Ельцин вукIараб мехалда финансазул министр хисулевлъун вукIарав Сергей Алексашенкоца ракIалде щвезабулеб буго 1998 соналда букIараб дефолт.

Сергей Алексашенко: «Ахирисеб чанго къоялда ва чанго анкьалда жаниб кколеб бугелъ дида ракIалде щвезабулеб буго 1998 соналъул 17 августалда букIараб кризис. Гьеб мехалъ халкъалъул метерисеб къоялда божилъи хун букIана ва улкаялъул бизнесчагIи хIадурал рукIана кире лъутунги гъурщидаса лъутизе».

Метерисеб къоялда божунгутIи паникаялде сверараб мехалда ахIвал-хIал рукIалиде бачине Централияб Банкалъе кутакалда захIмалъулин рикIкIунеб буго гьес.

Халкъалда гьоркьоб паника тIоцебе багъарун букIана 1991 соналда. Доб мехалда улкаялъул бетIерлъуда вукIарав Михаил Горбачевас лъазабула лъабго къоялда жаниб халкъалъухъа нахъе босулеб бугин 50 ва 100 гъурщил кагъатин.

Гьеб лъабго къоялда жаниб халкъалъ банказда хисизе кколеб букIана гьеб гIарац, банкал хIадурал рукIинчIо гьел операциязде ва бачIунеб гIадамалъул мурад тIубазе. Гьелъул хIасилалда жидехъ букIараб гIарац кагътиде буссарал чагIи дагьал рукIинчIо.

Гьелдаса хадуб анлъго гъурщиде букIараб доллар бахана 27 гъурщиде ва гьелда чIезе гъурщида ракIалда букIинчIо.

1994 соналъул январалда Россиялъул хIукуматалъ гьукъула улкаялда жаниб валюта хIалтIизабизе. Гьебго соналъул октябралда цо къоялда жаниб 27 проценталъ бахуна долларалъул багьа. Гьеб къо тарихалда лъала «чIегIераб талат къо» хIисабалда. 1998 соналда хIукуматалъ гъурщида нахъаса къотIула лъабго ноль. Гьедин цо долларалъухъ 6000 кьолеб букIараб гъурущ гьеб операциялдаса хадуб 6 гъурщиде рещтIуна.

1998 соналъул август

Россиялъ дефолт лъазабураб ва гъурщие девальвация гьабураб 1998 соналда къаялде ккола гIемерал банкал ва гIадамазда бихьулеб букIана гьез банказда лъураб гIарац тIагIунеб бугеб куц. 6 гъурщиде букIараб долларалъул багьа цо моцIалда жаниб 16-ялде бахуна ва ахирги гьелъул багьа чIола 24 гъурщида. Цо лъагIалида жаниб инфляция бахуна 84 проценталде.

КIудияб рецессия

Гьелдаса хадуб нарт хиралъи сабабалъеги ккун анцIгогIан соналъ Россиялъул экономикаялъ бетIер лъикIго эхеде борхула. 2008 соналъул глобалияб кризисалъ къаби щвезабуниги россиялъул гъурщида гьеб лъикIго рагIунаро. ХIукуматалъ хIукму гьабула девальвациялъе «нухмалъи гьабизе» ва гIарцул нахърател хIалтIизабула гъурущ цIакъго учузлъичIого букIиналъе. Доб мехалда премьерлъун вукIарав Владимир Путиница абула «улкаялъул политика хурхараб букIанин жидеца нахъе лъураб гIарцуда щиб гьабилебали тIасабищи гьабизе халкъалъе рес кьеялдайин».

http://www.bloomberg.com/apps/news?pid=newsarchive&sid=aPzxsrEg7GUc

КъватIисеб политика

Президентлъун Борис Ельцин вукIараб мехалда финансазул министр хисулевлъун вукIарав Сергей Алексашенкоца абулеб буго гьанжеги гъурущ учузлъиялъул гIилла бараб бугин нарт учузлъиялдаги, Украиналъул кризисалда Россиялъул гIахьаллъиялдаги, Крым Россиялде гъорлъе бачиналдаги ва Магърибалъ Россиялде данде лъазарурал санкцияздагийин.

Гьел киналго гIиллабазде тIаде гъваридго кьалбал риччараб коррупцияги рехсолеб буго Сергей Гуриевас. Гьев вуго Сбербанкалъул тохалчагIазул Шураялъул гIахьалчилъун вукIарав машгьурав экономист.

Сергей Гуриев: «Гъурщил багьа бараб буго кIиго жоялда: нартил багьаялда ва капитал улкаялдаса иналда. Нартил багьа гъодобе кколеб буго, гьеб Россиялъул жанисеб политика гуро. Россиялъул жанисеб политика буго улкаялдаса капитал къватIибе унеб букIин ва гьеб улкаялде бачIунеб бакI гьечIолъи. КъватIисеб политикаялда ва санкциязде тIадеги гьеб бараб буго реформаби гьарулел гьечIолъиялда. Гьединлъидал россиялъул экономикаялда инвесторазул божилъиги холеб буго».

XS
SM
MD
LG