МагъчIваялъе рес

«Кьолболаб халкъ» казакал Сочиялда Олимпиадаялда


Сочиялда хасалил Олимпиада унаго казаказул патрулаз жаваб кьезе буго маххул нухазул станциязда, аэропортазда, спортсменаз, реферияз ва журналистаз гIумру гьабулел бакIазда. Казаказе кьезе буго Олимпиадаялда хIалтIулел полициязе кьолеб гIанасеб харж ва гьеб бащалъизе буго 25 азарго гъурщида. Гьедин лъазабун буго журналистазе Краснодаралъул ракьалъул губернатор хисулев Кубаналъул казаказул аскаралъул атаман Николай Долудаца. Кинаб букIараб гьединаб инициативаялъул хIажалъи?

Полициялъул патрулазе хIалае рахъин гуребги кубаналъул казаказ Краснодаралъул ракьалъул кьолболаб халкъ хIисабалда Олимпиадаялда низам чIезабизе буго. Гьеб кьолболаб букIин кIоченеги бегьуларо. Гьедин абун буго атаман Николай Долудаца.
Каказал гьеб ракьалда кьолболаб халкъ батани кида ва киса гьенире адыгъал рачIараб суалгун Эркенлъи Радиялъ бухьен гьабуна атаманасул офисгун. Жаваб кьуна прессагун бехьеналъул рахъалъ атаман хисулев Константин Перенижкоца.

Константин Перенижко: «Адыгъазул тарих байбихьула нилъер къарну щвезе 4-5 гIасру букIараб мехалда касогазул тухумаздасан. Узухъда, гьаб Краснодар ракьалда бищунго кьолболаб халкъ кинаб бугебин суал лъей битIараб гьечIо, щайгурелъул гьанир гIасрабаз гIумру гьабулеб букIун адыгъал-черкесазги, арменазги, греказги, казаказги цоги халкъазги».

Щайха гьедин батани, гьеб кьолболаб халкъалъул суал цо казаказ гурони борхулареб? Кьолболал халкъазул патрулал гьарулел ратани, цоги миллатазул вакилзабиги щайха гьечIел гьел нужеца бицунезда гьоркьор? Гьел рукIана Эркенлъи Радиоялъул иградулал суалал.

Перенижкоца гьезие жавабалъе абуна гьел халкъазда гьоркьоса цо казаказ гурони пачалихъалъе «рагъулаб» хъулухъ гьабулеб букIинчIин, пачаясул заманаялдаса гьеб гьедин билъун бугин ва гьанжеги рачун гьел гьеб хъулухъаде ругьун гьаризе жидее бигьаго букIанин.

Гьаб сагIаталда полициялда цадахъ Сочиялда хIалтIулев рагIула 100 казак. Гьез тохаллъи гьабулеб рагIула Сочиялъул къватIаздагун маххул нухлул станциялдаги Адлералда аэропорталдаги. Олимпиада байбихьилалде гьезде тIаде жувазе рагIула жеги 300 казакги. Сочигун Адлералда гуребги гьел свердизе рагIула Красная Полянаялда ва Имеретиялъул гIодоблъиялда Олимпиадаялъул гьалбаз чIей гьабизе бугеб бакIалда.

Гьел казакал полициял гIадинан хIадурги гьарун рагIула, Россиялъул административиялгун уголовиял къануналги гьез лъазарун рагIула, ярагъ кодобе кьезе гьечIониги кьвагьдеялъул тесталги гьарун руго гьезие.

Казказе ихтияр рагIуларо цадахъ полицияв гьечIого чиясул чIухь базеги гIадамал кквезеги. Гьезухъ рукIине гьечIо кинал рукIаниги хасал алаталги. Гьез лъазабун рагIула дагьабго букIаниги ингилис мацIги ва кумек гьабизе рагIула шагьаралда риларал гьалбадерие.

Гьедин волонтераз гьабулеб хIалтIи тIадкъарал казаказе полициязда бащадаб гIарац кьезе щай бихьизабун бугебин гьикъана нижеца Перенижкода.

Константин Перенижко: «ГIарцул суал жеги роцIцIун гьечIо. Гьеб жеги гьоркьоб лъунцин букIинчIин абизе бегьула»

ЭР: «Далудаца журналистазде абунагури Олимпиадаялда хIалтIизе ругел казаказе полициязего гIадин 25 азарго гъурущ кьезе бугин»

Константин Перенижко: «Лъаларо, амма гьаб сагIаталда хIалтIулел казаказе кьолеб буго 20-25 азарго гъурущ. Гьебги полициялъе гIадин жанисел ишазул министерлъиялъ гуреб, администрациялъ».

Казаказда ретIун букIине рагIула гьезие хасиятаб ретIел- бухари тIагъралги, къокъал тIингъалги, кIалал халатал чакмабиги. Чухъаби ретIарал черкесалгун адыгъал яги цоги миллатазул вакилзаби гьезда цадахъ рукIине гьечIо.
XS
SM
MD
LG