МагъчIваялъе рес

МахIачхъала антирейтингалъул тIоцересеб кьерда


Транспорталъул гIадамазе кIудияб хIинкъи бугел регионазул тахшагьаразул цересезул кьерда буго МахIачхъалаги. Масала, 2015 соналда, цересел соназде дандеккун, МахIачхъалаялда нухда ккарал авариязул къадар цIикIкIун буго 24 проценталъ. Гьединаб хIасил ккун буго «Халкъияб экспертиза» абулеб централъ гьабураб цIех-рехалъул. Гьеб ахIвал-хIал гIагараб заманалда жаниб лъикIлъиги щакаб бугин рикIкIунеб буго экспертаз.

Гьеб антирейтинг гIуцIун буго тIолгороссиялъул халкъияб фронталъул (ОНФ) «Халкъияб экспертиза» абураб централъ. Гьелда рекъон, МахIачхъала кколеб буго гIумруялъе бищун кIудияб хIинкъи бугеб транспорталъул хьвада-чIвади бугел тахшагьаразда гъорлъ ункъабилеб бакIалда. Цогидал Шималияб Кавказалъул республикаязул тахшагьарал ккун гьечIо гьеб сияхIалде.

Цо рахъалъ, МахIачхъала гьеб рейтингалде ккеялъе гIиллаби ругин гьаниб гIадамал цIикIун, лъикIаб демографиялъулаб хIал букIин ва цадахъго ахираб чанго соналда жаниб автотранспорт цIикIкIун букIинин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул Нухлул инспекциялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев ГIисалмухIамад СултIановас. Цогидаб рахъалъ, гьеб бугила гIадамазул менталитеталда бараб, масала, гIемерисеб мехалда нухда гIадамал чIвай хурхараб букIунила жалго гIадамаз кколареб бакIалда нух бахиналда, амма мекъаб куцалда нух бахунел чагIазухъа гIакIа бахъизе Нухлул инспекция лъугьани гьеб бичIчIуларила гIадамазда. СултIановас баян гьабухъе, нухлул лъугьа-бахъиназул 80 процент хурхараб букIунеб буго гIадамал нухда чIинтIиялда, гьезул 20 процент кколила лъимал. 2015 соналъул микьго моцIил гьарурал хIасилазда рекъон, нухлул лъугьа-бахъиназул хIасилалда хун вуго 321 чи, лъукъун руго 1373 чи.

Ахирал соназда жаниб чанго нухалъ цIикIкIанила МахIачхъалаялда транспорталъул къадар, амма нухлул инфраструктура букIарабго хIалалда бугила, гьеб цIигьабулебги гьечIилан бицана СултIановас.

ГIисалмухIамад СултIанов: «Аслиял тIалабал нижер руго шагьаразул ва мухъазул нухмалъиязде. Нухлул инспекциялъул хIажалъалабазе сурсатал федералияб централдаса биччала муниципалитетазде. Жавабчилъиги гьезда тIад букIуна тIубан. Нижеца лъазабула кинаб хIал кинаб бакIалда бугебали. Масала, МахIачхъалаялда нухазда киб щиб бугеб, ва кинаб хIажат пуланаб бакIалда нухда бугебали лъазабула шагьаралъул администрациялда, гьез хIалIти гьабуларо, абула лъикI бугилан, разилъула, ахIвал-хIал гьедин букIиналда, амма гьабулеб жо щибго кколаро. Масала, 1 сентябралде нижеца кьола сияхI киб бакIалда хIажат ругел гIадамаз нух бахунеб бакIал къачIазе, 1 сентябрь бачIиндал, гIицIго 70 процент нух бахунел бутIабазул гурого букIунаро къачIан, хутIараб 30 процент гьединго хутIула. Гьелъул хIасилазда ккола цо бутIа гIадамал чинтIиязулги».

Жидеца балъго гьабуларила ругел гIунгутIаби, амма цогидал идарабазул ва министерлъиязул рахъалъ жидеца кьолеб информациялъул хIасилалда гьабулеб хIалтIи щибго гьечIила.

ТIолгороссиялъул халкъияб фронталъул Дагъистаналда бугеб нухмалъиялъул вакил Руслан Гереевас баян гьабухъе, гьеб мониториг тIобитIулаго тIатинабунила цо чанго соналъ цере капиталтяб хIалалда къачIан рукIарал нухалцин тIуран хварал, заман гьоркьоб балелдего, баккулеб бугила суал гьабулеб хIалтIул даража гьечIолъиялъул. Гьелъул жавабчилъиги тIубараб куцалда бугила министерлъиязда ва администрациялда. Цогидаб рахъалъ нухда хьвадияъул культура гьечIила дагъистаниязулин баян гьабуна Руслан Гереевас.

Руслан Гереев: «МахIачхъалаялъул нухазе, тIобитIараб мониторингалъул хIасилалда, кьуна цIакъ гIодобегIанисеб къимат. Гьеб ахIвал-хIал хисизабиялъе гьарулел хIалтIабазда хадуб халги кквезе буго фронталъул вакилзабаз. Жакъа бокьарав чиясул рес буго шагьаралъу букIа, росдал, мухъалъул букIа нухлул инфраструктураялъул кинаб хIал бугебали хадуб хал кквезе. Нухазда жагъаллъи, яги цогидаб гIунгутIи бихьанани, гьелъул сурат бахъун битIизе бегьула гьеб мониторинг тIобитIулеб централде. ТIоцебесеб иргаялда гьаниб гьечIо хьвадулел гIадамазе ва сакъатлъи бугел гIадамазе чIезабураб квегIенлъи. Хас гьабун абизе ккола сакъатал гIадамазе квегIенлъаби гьечIолъиялъул».

ТIолгороссиялъул Халкъияб фронт жамгIияб чвахи бугониги гьеб цIакъ гIагараб бугин тIалъиялде ва гьеб мониторингалъул хIасилазул кIвар гьабулин федералияб тIалъиялъгийн бицана Руслан Гереевас.

XS
SM
MD
LG