МагъчIваялъе рес

Ярагъиясул къотIнор толо-хIочорал ясал (видео)


Ярагъиясул къотIной толо-хIочорай яс
please wait

No media source currently available

0:00 0:00:21 0:00

Ярагъиясул къотIнор толо-хIочорай яс

Гьаб рубрикаялда нижеца кьолеб буго авторасул хасаб пикру. Эркенлъи Радиоялъул пикру авторасул пикругун дандеккечIого букIинеги рес буго.

Нужер гIемерисезда бихьун батила МахIачхъалаялъул Ярагъиясул къотIноб багIараб мерседесалъул капоталда толо-хIочон кьурдулей ясалъул видеоги, гьелда сверухъ сухIмат гьабулел гIоркьилалги. «Стриптиз» абула гьеб жоялда гIурусаца. МагIарулазги абула гьедин, хасго гIолохъанаб гIелалъ. ЧIахIиязда гьеб «стриптиз» абураб рагIи щибалицин лъаларо. Божун ратичIони гьикъе нужерго кIодода лъалищали, гьелъ ялъуни «Ия!» - ян абун гIинда квер чIвала, яги тударизе лъугьуна гьеб хъубаб рагIи бугин, цIакъго цее тIурай кIодо ятаниха. Тудариларищха? Гьезул заманалда «стриптизалде» регIун рукIинчIелъул. Гьез жидедаго тIад бугеб ретIелги бахъун реххулароан, гьелъул гIаксалда, баккараб бакI киндай бахчилаян ургъалида рукIунаан. Рукъалаби ралел, тIад жал чIвалел, кIигояб данде кьабун цо гурде гьабулел. Гьеб батIияб тема буго.

ТIад руссинин гьадай Ярагъиясул къотIной толо-хIочорай гIабдалалде. Дун лъугьинаро нужее мораль цIализе унго гьей ясалъ гьабун бугеб хIалихьатаб жойилан. Гьеб толо-хIочоялъул кьалбал цIакъго гъваридал руго. Щиб долъул ва дой кьурдизе тIамурал чагIазул гIаданиб бугебали гIелмиял институтал хIалтIизе ккола. Кин гьединаб иш ккараб Дагъистаналда? Исламалъулгун гIадатазул кIудияб асарги бугеб, щибаб рукъ, къватI, район, шагьар, хIатта тухумцин чиясулги лъалеб бакIалда, кин гьаний къад гIадада къотIной гIолохъанай яс толо-хIочорай?

Лъалеб букIахъе, тарихалда кидаго Дагъистан букIана согIал гIадатазул ва кIудияб асар диналъул бугеб бакI. Советияб заманаялъ кинабго букIарабги кьучIдасанго биххун инкубаторалъур гIанкIудал тIанчIи гIадин релълъараб ратIлил, релълъараб кванил, гIаммаб магIишаталъул, пачалихъалъ бихьизабураб ишалде ва гIумруялде руссинаруна гIадамал. Тарбияги кьолаан, тамихIги гьабулаан, унтарал сах гьарун, лъавукъал цIализарун, цIамги, цIалги рекъон кьун хIалтIизабулеб цо коцониб тIураб халкъ букIана.

Ращалъи букIана, гьеб ращалъиялъулъги букIана киназего бащадаб мискинлъи. Гьеб пачалихъалда букIинчIо эркенлъи Ярагъиясул къотIнор толо-хIочон кьурдизе. Нагагь кьурданиги, кьурдухъанги, аскIор рукIаралги, гьелде гIагьаллъи бугел щиналги рачун жанир лъолаан, «моральный кодекс социализма» хвезабурал чагIи хIисабалда. Гьеб пачалихъги биххун тIаса ана коммунистал ва аренаялде рачIана бандиталги, цIогьалги, динги, дарамги, лъарас лъараб гьабулеб гIемераб гIала-гъважа. Пачалихъалда кIвечIо гьел цо рахънире тIамизе, жамгIиял институтал жеги гIуцIун гьечIо. Тарбия кьеялъулъ аслияб бакI ккуна Исламалъ.

Пайда щиб, жибго Исламалда жанирги раккана рикьалаби. ГIурччинал такъияби лъуралги, лъезего лъечIелги, михъал кIкIваралги, тIажал къокъалги ва цогидал гIемерал цоцалъ рекъоларел къокъаби рачIана гьенире. Руго цогидал гIадамал гьел кIияздасаго рикIкIадги чIун Исламалъул рукнабиги тIубан, росдал гIадатги цIунун хутIаралдаса гIей гьабуралги. Руго жал как базегIан ва рахьдал мацIалда кIалъазегIан нахъе ккарал чагIи гурин цIакъго Европааялъухъего хьвадулел товарищалги.

Щибаб динияб ва миллияб суалалде гьезул букIана гIамал кIудияб бербалагьи ва гьелъул вакилзаби хIангутIи. Байбихьула Исламги Дагъистаналъул гIадаталги какизе, гьекъолди, хъалиян ва цогидаб нилъер гIадаталда данде кколаребщиналъул пропаганда гьабизе. Масала, араб соналъ цо гьеб тайпаялъул хIара Тифлисалдеги ун Рамазан моцIалъ дова пиво гьекъолев жиндир постал лъезе вагъарана. Гьеб букIана дун нуж гIадинав гурин, цеве тIуравин нилъедеги, дун батIияв вугин гьездасаян доздаги бичIчIизе гьабулеб хIаракат. Щибха гьабилеб нилъеца, вижухъе чиян тани гурони. Бокьун буго чиясе цо хасаб «цебе тIураб» къапилаялда жаниве лъугьине, виччан теха. ГIурусаца абухъе, «щивав чи вуго жиндирго къисматалъул къебед».

ХIисаб гьабеха гьанже, кинал къавмал дандчIварал нилъеда жамгIияталда гьоркьор? Исламияб жамагIат (рикьалабазухъ ралагьичIого), гIадатги, динги, гIелмуги рекъон бачунел гIадамал, цIакъго гIорхъолъа унарел цониги рахъалъ ва Европаялъул ва гIурус культураялъул либералал, ай воинствующие антиисламисты абуни битIун букIинаха. Кинаб къапилаялдеха кколей гьадай къотIной хутIарай пакъир ва гьелъие хъат чIвалел товарищал? Гьел цонигиязда гъорлъе кколаро.

Гьезул гьечIо, жидеца гьабулелъул хIисаб гьабизе гIакълуги, гьабичIого тезе кколеб лъазе бичIчIиги, гIадамазул ва Аллагьасул ццин бахъиялдаса хIинкъизе гIураб иманги. Гьеб киналдасаго махIрумлъарабго инсан релълъуна маймалакалда, ай имам Ярагъиясул къотIной толо-хIочолей ясалде ва приораялъул гордухъанги ваккун «ай саул!!!» абун гьелда рухIдаллъарав гIоркьиласда. Гьеб буго рукъги, мажгитги, школаги, институтги, театрги, библиотекаги, тIубанго жамгIиятги къватIалдаса, жагьлуялдаса ва ахIмакълъиялдаса къеялъе бищунго гвангъараб мисаллъун. Хабар лъикIаб рагIайги!

XS
SM
MD
LG