МагъчIваялъе рес

«Аваро-Кахетия» шагьранух бахъиялъе гъеж Гуржиялъги гуризехъин буго


Avar-Kakhetya road building
Avar-Kakhetya road building

Дагъистанги Гуржияги цолъизабулеб, «Аваро-Кахетиялде» бахъулеб шагьранухда хIалтIизе хIадур ругин жалгиян лъазабуна Гуржиязул хIукуматалъ гьал къоязда. Исана риидал Дагъистаналъ байбихьун букIана гьеб шагьранух бахъизе. Амма дагьал церегIан къояз изну гьечIого яргъид гIуцIараз тIадекIанцIи гьабун хадуб гьоркьобкъотIи ккун букIана гьелъул. Сунцаха Гуржиял тIамурал гьеб нух бахъиялда гьоркьоре журазе?

Аваро-Кахетия шагьранух бахъизе Дагъистаналъ байбихьана исана риидал Гьениб хIалтIулеб буго «Мостотряд» абураб нух бахъулеб идара.

Амма дагьал церегIан къояз Шамил мухъалъул ХIебда росдада аскIоб изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къукъаялъ тIадекIанцIи гьабун рухана гьеб нух бахъулел рукIарал хIалтIухъаби.

Гьел жанир рукIарал рукъзалги рухIун, гьезул автомобильги хъамун кIудияб гъалмагъир гьабуна гьениб. Гьелдалъун гьоркьоб къотIун букIана шагьранух бахъиялъул хIалтIи.

Гьанже Гуржиялъ лъазабуна жидецаги гьабизе бугин гьеб нухбахъиялда гьоркьоб гIахьаллъиян. 16 октябралда Прагаялда букIине рагIула гьеб суал гьоркьоб лъураб данделъи.

Аваро-Кахетиялъул шагьранух бахъиялда дандечIун рукIанин гуржиял балатIаян бицана «Эркенлъиялъе» ЦIоралда ругел магIарулазул вакил Ибрагьимов Бадрудиница.

Гьедин исана гьеб нух бахъиялъул проект гьоркьоб лъураб гургинаб стол тIобитIидал МахIачхъалаялда, гьелъул нилъее хIинкъи бугин Россиялъул рахъалдасанилан абураб лъазабиял тун ратанин гьез «Фейсбук» сайталда.

Амма гьанже гьезул пикру хисун бихьулин, бичIчIараб куц бугин гьеб шагьранухалъул жидееги цIикIкIун пайда букIин. Гуржиялъул миллатачагIазул тIоцебе букIараб пикруялъул хIакъалъулъ гьадин бицана Бадрудин Ибрагьимовас «Эркенлъи» радиоялъе.

Ибрагьимов Бадрудин: «ГIадатияб халкъалъул гьеб нухалда дандечIарав чи гьечIо. Дида ккола гьеб шагьранухалъе халкъазда гьоркьосеб даража кьуни гьелда бараб жо гIемераб букIинилан. Гьеб шагьранухалъул кIудияб пайда букIине буго кIиябго рахъалъе.

Цо-цо чагIи лъугьун рукIанаха гьоркьобе ракьа рехизе, цо хасал чагIазда цебе жидерго къимат кIодо гьабулел. Гьеб нух бахъанийила нилъее хIинкъи букIине бугин Россиялъул рахъалдасанилан абун. ХIинкъи гьабизе бокьун букIараб батани Россиялда кIолаан Жанубияб Гьириялдаса ва цоги бакIалдасан нух хIалтIизабизе гьелъие».

Сунцаха Гуржия тIамураб пикру хисизабизе? Гьеб суал нижеца кьуна Аваразул Миллиябгун Маданияб Автономиялъул нухмалъулев ШагIбанов Маркъое. ЦIоралда ругел магIарулазул гIумру лъазабиялъул мурадалда гьев гIемер щола Гуржиялде. Дагьав цевегIанги гьенив сапаралъ ун вукIана гьев.

Маркъо ШагIбанов: «Дир хIисабалда тIоцебесеб гIилла гьениб буго логикаялъул (мантIикъ гIелму) хIасил. Гуржиялдаса бугеб рагъулаб нух (Военно-Грузинская дорога) исана чанго нухалда ччукIун, кьуру тIаде биххун гIемераб квал-квал ккун букIана гьаб риидал.

Гьелъ Гуржистанги, Эрменияги махIрумлъун букIана Россиялъулгун дармилал гьоркьорлъаби гьаризе бугеб ресалдаса. Гьединлъидал гьаб нух бахъани гьеб букIине букIана доб нухалъе кIудияб альтернативалъун.

КIиабизе бугони Гуржиялъе гьеб рахъ (шагьранух бахъизе бугеб бакI) Азербайжаналдасан байбихьун Кахетиялде щвезегIан кколеб букIана санагIат гьечIеб къваридаб бакIлъун. Гьеб рахъалдасанги гьеб сверухълъи цIебетIезабиялъе квегIенлъи букIине буго Гуржиялъе.

Лъабабизе босани гIамм гьабун тIолабго Гуржистаналъе гьеб буго улка цебетIеялъе кIудияб реслъун. Лъалеб букIахъе Гуржистаналъ экономикияб цебетIеялъе тIасабищун буго транспорталъул магистралияб бутIа.

Газалъул, ялъуни нартил рогIрал, гьанже лъугIизабураб «Карс-Ахалкалаки» маххул нух ва гьел гурел цогидаги магистралиял бутIаби унел руго Гуржистаналдаса, гьелдасан хIукуматалъе щолеб буго кIудияб пайда.

Цо-цо миллатчагIаз тIиритIизарун рукIана харбал гьеб нухдасан (Аваро-Кахетия нух) Россиялъ танкабиги, аскарги жидеда тIаде рехизе рагIулилан. ГIантав чияс гурони гьединаб гIахьучI бицине гьечIо. Яргъилаб сурсат баччизе къваригIани тIокIаб ресищ гьечIеб Россиялъул гьеб нух гурони?».

Гуржиязги нух бахъиялда гьоркьоб гIахьалъи гьабун букIинчIебани Аваро-Кахетиялъул нух бахъичIого хутIизецин бегьулаанилан абулеб буго Маркъо ШагIбановас.

Гьединлъидал гьеб проекталде гьоркьоре гьел журай гьезиеялдасаги нилъееги кIудияб пайда бугеб хIасил кколин.

Маркъо ШагIбанов: «ТIоцебе гуржиязул рахъалдаса 20 км манзилалъул нух бахъизе ккола, кIиабизе гIорхъода автомобилалги, гIадамалги риччалеб хасаб идара рагьизе ккола ва гьел гурел гIемерал масъалаби руго гъора тIуразе кколел.

Гьединлъидал гуржиял разилъичIелани гьеб тIубалареб масъалалъун букIин нилъедаги бичIчIизе ккола».

Авар Кахетиялде шагьранух бахъизе къваригIун гьелъие кумек щоларого гIемер сон буго ЦIунтIа мухъалдаса жамгIияв хIаракатчи Къебедов МухIамадилги.

1990 соназул байбихьуда жиндирго гIарцухъ гьеб бахъизе лъугьун вукIана гьев. ХIукуматалъ жегиги нахъбуссинабун гьечIо гьесие гьениб харж гьабураб гIарац. ГьабсагIаталда Къебедов МухIамадица Дагъистаналъул нухмалъиялда цебе суал лъолеб буго Аваргун Кахетиялъул нух БежтIе щвезегIан хIукуматалъ бахъейила, гьенисан гьеб жидецаго, жамагIаталъул ресалдасан бахъилила.

XS
SM
MD
LG