МагъчIваялъе рес

Дагъистаналде наркотикал Азербажаналдаса рачIунел руго


2012 соналде дандеккун исана Дагъистаналда наркоманазул къадар цIикIкIун буго. Щибаб санайил цере нилъер республикаялда рукIинчIел цIиял наркотикалги рачIунел руго гьанире. Гьеб киналъулго бицана тIолгодунялалъул наркотиказде данде къеркьеялъул къоялда хурхун Дагъистаналъул Наркотиказде данде къеркьолеб идараялъул нухмалъулев Энрик Муслимовас кьураб пресс-конференциялда.

Муслимовас бицухъе щибаб санайил цIиял къагIидабиги ургъун, лъикI хIалтIулел руго наркотиказде данде къеркьолел идараби, амма цIикIкIун гурони наркобизнес дагьлъизабизе кIолеб гьечIо республикаялда.

Энрик Муслимов: «Нижер баяназда рекъон исана январь моцIалъ 6320 чи хIисабалде восун вуго республикаялъул наркологиялъул диспансералъ. Гьенир хIисабалда лъезе жидеего бокьун аралги рукIуна, полициялъ цин наркологияб экспертиза гьабизе, гьелъул хIасилазда рекъон хIисабалда лъуралги рукIуна. Гъоркьисалалде данде гьеб идараялъ хIисабалде росаразул къадар 3 проценталъ цIикIкIун буго».

Муслимовасул рагIабазда рекъон наркоманал тIатинари ва гьел хIисабалде росиялъул гIемерисеб хIалтIи къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз гьабулеб буго.

Энрик Муслимов: «Наркологиялъул диспансералда хIисабалда ругезул 92 процент къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз гьенире рачун руго. СахлъицIуниялъул идарабаз гьезул 8 процент гурони рачун гьечIо. Къуваталъул идараби квеш хIалтIанагIан респубикаялда ругел наркотиказда хурхарал баянал гIодорегIан рукIуна, амма гьеб республикаялда наркотиказда сверун ахIвал-хIал лъикI бугин абураб жо кколаро, ниж лъикI хIалтIулел рукIиналъул хIасилал руго гьел»

ГIемерисел Дагъистаналда ругел наркотикал габанидул гьабураб марихуана кколеб буго. Гьеб хIалтIизабулел чагIи наркоманал кколарилан тей мекъи бугиланги лъазабуна Муслимовас.

Энрик Муслимов: «Республикаялда ругел наркотиказул 80 процент ккола марихуана. Чанги чагIаз гьеб наркотиклъунцин рикIкIунаро. БатIалъи щибила гьеб бухIаниги хъалиян бухIанигиянцин рахъуна цо-цоял. БатIалъи буго щай гьеб букIунареб. Чанго хIужжа ккун букIана школьниказ гьеб хIалтIизабиялъулцин. Нижехъе баянал щола ахираб заманалда шагьаралда гIемерлъун ругел хъалиян бухIулел бакIаздаги бокьарал чагIазе танхьил бакIалда марихуана кьолила бухIизейилан. Нижеца гьоркьоса къотIичIого гьединал бакIазда рейдалги гьарула, амма гIемерисеб мехалда хIалтIизабуразеги, гьеб бакIалъул бетIергьабазеги цонигиязе хIакъаб тамихI гьабуларо. Гьедин букIиналъги, бокьараб бакIалда босизе щолеб букIиналъги марихуана хIалтIизабулезул къадар цIикIкIун гурони дагьлъулеб гьечIеб. Дагъистаналда гьеб бижулареб цониги район батиларо»

Накротиказде данде къеркьолел идарабазул баяназда рекъон цересел саназде дандеккун исана Дагъистаналда дезоморфин абулеб бищунго чорокаб ва квешаблъун рикIкIунеб наркотик хIалтIизаби дагьлъун буго. Россиялъул цойги регионазде дандеккун гьеб кватIун гурони щун гьечIо нилъер республикаялде. Наркоманазда гьоркьоб гьеб хехго тIибитIиялъе гIилла кколила дезоморфин учузаб наркотик букIин, 500 гъурщиде аптекаялдаса гьеб гьабизе къваригIунел дараби росизе щолила. ЦоцIул гьабураб гьеб наркотик 5-6 чияс хIалтIизабизе бегьулин бицана Энрик Муслимовас.

Дезоморфиналъе хIажатал ва цогидал тохтурасул хъвай –хъвагIай гьечIого ричизе бегьуларел наркотикал гъорлъ ругел дараби ричулел аптекабазулги гIемер хал гьабулила жидеца, гьезул чангиял къазеги къанин бицана пресс-конференциялда хIакимчияс.

Гьединго Энрик Муслимовас бицана исана соналъул байбихьудаса нахъе халгьабунин кинабниги 55 аптекаялъул. Дараби ричизе рукIине кколел документал ратичIого гьезул I8 аптека къанин ва гьезие административияб тамихI гьабизе бугилан.

Ахиралдаги республикаялъул наркотиказде дандекъеркьолеб идараялъул нухмалъулес бицана аслияб къагIидаялъ нилъер гьанире бищун гIемер наркотикал, Ираналдасагун Азербайджаналдасан рачIунилан. Гьединлъидал гIурхъабазда халгьаби дагьабги кьваризабизе кколилан.

Энрик Муслимов: «Цебего гIадин аслияб къагIидаялъ наркотикал Россиялъул гIурхъиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялдасан ва Москва Санкт-Петербург гIадал чIахIиял шагьараздасан рачIуна нилъер гьанире. Цебе гIемер букIинчIеб гашиш абураб наркотик бачIине лъугьун буго гьанибе Санкт-Петербургалдаса. Дагьал церегIан къояз ккун нижеца гьеб босарал щугоял. Гьез бицухъе граммалъухъ 300 гъурущги кьун босун буго гьез гашиш, нилъер гьаниб гьелъул багьа 800-2000 гъурщиде щвезегIан бахуна. Гьелъ бихьизабула къуваталъул идараби лъикI хIалтIулел рукIин. Щай гурелъул гьел квеш хIалтIулел бакIазда багьаби учузал рукIуна, наркотикал росизе бокьаралъуса щолелъул. Гьелъул рахъалъ абуни нилъер республикаялда наркотикал цIакъ хираго руго»

Цере рукIаразде тIадеги наркотикал тIиритIизариялъе цIиял нухал ратулел ругин гьел ричулел чагIаз, ахираб заманалда цIакъго кутакаб хIалалъ тIибитIун бугин интернеталдаса наркотиказул даран гьаби, гьединлъидал гьел чагIазде данде къеркьеялъе жидер идараялда хасаб бутIа гIуцIун бугин абуна Муслимовас . Гьединго исана школлъималаз наркотикал киданиги хIалтIизарун рукIаралищали хасаб халгьаби тIобитIизе байбихьиз бугин бицана гьес.

Бокьарал эбел-эмен инее бегьулел руго лъималазул халгьабизе. 14 сон базегIан гьезда гьикъичIогоги рачине бегьулел руго гьел халгьабиялъе. Гьезул хIасилалги лъималазул умумузухъе гурел тIокIал лъихъениги кьолелги гьечIо, хIатта къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаздацин гьел баянал лъалел гьечIо. Гьединлъидал дагьабниги щаклъи ккарабго кватIизе течIого хантIан халгьабейин лъималазулин малъана Энрик Муслимовас.


XS
SM
MD
LG