МагъчIваялъе рес

Сирия: маслигьаталъул шартIал хвезарулел руго


Сириялда кьвагьдей бахъараб бакIалда Россиялъулги къватIисел улкабазулги 33 журналист хутIун вукIана. Россиялъул Улка цIуниялъул министерлъиялъул вакил Игорь Конашенкоца лъазабуна, гIарада балеб букIанин Идлибалъул сверухълъиялда бугеб Дама абулеб росулъан.

Сириялъул армиялъул офицерасул баяналда рекъон гьеб букIана экстремистикияблъун рикIкIунеб "Джебхат ан-Нусра" гIуцIиялъул рагъухъабаз. Китаялдаса, Болгариялдаса ва Канадаялдаса журналистал бигьаго лъукъун руго.

Маслигьаталъул Централъ лъазабуна, гIаммаб къадаралда араб сордо-къоялда жаниб 15 нухалъ хвезабун букIанин ракълилаб къотIи-къаялъул низамилан.

XS
SM
MD
LG