МагъчIваялъе рес

Чачаналъ жакъа ракIалде щвезарулел рукIинчIо депортациялъул къурбанал


Чачаналъ исана лъабабилеб сон буго 23 февралалда Сталинил депортациялъул къурбанал ракIалде щвезарулел гьечIелдаса. Республикаялъул бетIерасул сайталда гьеб къоялъул цIар бахъун гьечIо, амма баркулеб буго Россиялъул армиялъул къо.

72 сон цебе 1944 соналъул 23 февралалда Казахстаналде ва Гьоркьохъеб Азиялде, цо сордо-къоялда жаниб абухъе, гочинавун вукIана 650 азарго чачавгун гъалгъаяв. Гьелъие гIиллалъун рехсолеб букIана армиялдаса гьел лъутулел ругин, рагъде иналдаса рорчIизе къасд гьабулеб бугин ва Советияб улкаялда рагъулаб дандечIей къачIалеб бугин абурал гIайибал.

Гьезул бащдаб халкъ хола нухда ва шартIал гьечIел бакIазда гIумру гьабизе ккеялъ, чIаго хутIаразе 1957 соналда изну кьола рокъоре тIадруссине.

2012 соналда Къадиров Рамзаница Къурбанал ракIалде щвезариялъул къо 23 февралалдаса 10 маялде-гьесул эмен-Чачанлъиялъул президентлъун вукIарав АхIмад Къадиров чIвараб къоялде бахъун букIана.

XS
SM
MD
LG