МагъчIваялъе рес

Хасавюрталъул азарханаялда иргадулаб хвел

Хасавюрталъул лъимал гьарулеб азарханаялда тохтурзабазул гIайибалда Далиева Залина хвей ккун букIана гьениб арбагI къоялъ митинг бакIариялъе гIиллалъун. Гьедин абулеб букIана гьелъул гIагараз. РакIарараз тIалаб гьабулеб букIана гIайиб бугел жавабчилъиялде цIазе. Жидер эбел тIадюссинаейин ахIулеб букIана гьениб хварай Залинал ясалъ. Жал гьелъул анлъабго лъимер гьелда хадур хIакъдилел ругин. Залинае букIана 34 сон.

Цойги

XS
SM
MD
LG