МагъчIваялъе рес

Цо сураталъул ва бечедазулгун мискиназул хIакъалъулъ


 Богданов Бельскиясул "У дверей школы" абураб сурат
Богданов Бельскиясул "У дверей школы" абураб сурат

Богданов Бельскиясул суртаги, мискинав васгун бечедал цIалдохъабиги ракIалде бачIана дида жакъа Самараялда бечедал чагIазул лъимал батIа кваназаризе гьабураб хIукмуялъги гьелда сверухъ бахъараб хъуялъги.

Цо-цо цIиял харбаца гIемераб жо цебе бачIинабула араб-таралдаса, тарихалдаса. Гьедин ккана гьаб нухалдаги цо цIияб хабар цIалун хадуб. Гъоркьехун баянлъила сундул дица бицунеб бугебали. 1984 абилеб соналъул хасел букIана, кIудияб гIазуги бараб, гIемерал гIансалги щвараб. Дун вукIана магIарухъ ЧIорода гьоркьохъеб школалъул щуабилеб классалъул цIалдохъан. ГIурус мацIалъул дарс кьолаан дир эмен ГIалиев ИсмагIилица. Инсуда кIун букIана тIубанго класс кверде босизе, лъимал рукIунаан гIурус литератураялъул дарс щвеялъухъ ралагьун. ХутIарал киналго дарсаздаса лъутизе щвей кIудияб талихI букIана, литература хутIун, гьеб бач1иналъухъ ралагьун рукIунаан. Цо гIазу бараб хасалил къоялъ иргадулаб гIурус мацIалъул дарсиде ракIарун рукIана ниж. МугIалимас вачIинахъего цо интрига гьабуна.

-Жакъа нилъеца гьабизе буго жеги цониги нухалъ нужеца гьабичIеб цо интересаб хIалтIи - ян абуна цIалул тIехьалъул тIанчалги регун. Щибдай гьеб интересаб хIалтIи лъаларого кIвар кьун гIенеккун букIана класс. - Нилъеца хъвазе буго сочиненение по картинке... Лъалищ нужеда гьеб кин хъвалебали? Классалда шуршур бахъана, амма цониги гьеб хъвазени киб гурин, гьеб "сочинение по картинке" абураб жо рагIаравги чи классалда ватичIо. Байбихьул классазда гьеб бук1унароан. Ралагьизаруна киналго цIалул тIахьазде ва бихьизабуна тIехьалда жаниб бугеб цо сурат.

-Гьаб сагIаталда дица нужее кьезе руго суалал, нужеца дие кьезе руго жавабал, нужер жавабаздаса гIуцIизе руго предложениял. Гьеб букIана миллияб школалда гIураб даражаялда ункъабилеб классалъул цIалдохъабазда гIурус мацI лъангутIиялъ гьабулеб къагIида. ГIуцIана тIоцебесеб предложение: "Нилъеда цебе буго машгьурав гIурусазул художник Богданов Бельскиясул "У дверей школы" абураб сурат. Васасул хохораб ратIилицаги, хварал хьитазги (лапты) бихьизабулеб буго нилъеда гьев крестьяназул мискинав вас вукIин...". ХIасил калам, сураталда вуго рагьараб школалъул нуцIихъа жаниве чIухIадго къачIарал дворяназул лъималазда бахиллъун валагьун чIарав вас. Гьесиеги бокьун буго живгоги лъималазда цадахъ лъай босизе, амма социалияб положениялъ ва мискинлъиялъ гьев виччалев гьечIо дворяназул лъималазда гъорлъ лъай босизе.

Гьеб лъугьана нижеца гIуцIарал предложенияздаса гьабураб сочинениялъул аслияб пикру. Хъвана лъималаз кIудияб гъираялда. МугIалимас бичIчIизабуна хIурият бергьинелде цере рукIанин бечедалги мискиналги гIадамал ва киназулго рес букIинчIин чIобого лъай босизеян. Гьеб букIана соцреализмалъул тIалабазда литератураги искусствоги бугеб мехалда бижараб асар ва гьелда рекъон кьолеб лъайги тарбияги. ЦIакъ кIудияб асар гьабуна нижее, лъималазе гьеб сураталъ ва сочинениялъ.

Гьеб Богданов Бельскиясул суртаги, мискинав васгун бечедал цIалдохъабиги ракIалде бачIана дида жакъа Самараялда бечедал чагIазул лъимал батIа кваназаризе гьабураб хIукмуялъги гьелда сверухъ бахъараб хъуялъги. Гьеб цIакъ инжитаб ва аморалияб гали буго лъил рахъалдаса батаниги. Гьадингоги щибаб къоялъ гали бахъанщиналъуб ахIтIолеб, къватIибе гьурщулеб буго бечелъи. Гьелъие нух къазе ккола хасго Россия гIадаб 90 проценталдасги тIаде цIогьодун, ришватал росун, закон хвезабун бечелъараб улкаялда. Чан чи ватилеб гьел батIа гьабураб "элитаялъул" жидер бетIералъ, лъаялъ, махщелалъ, хасаб гьунаралъ бечелъарав?

Цониги ватиларин абизе бегьула. Гьединаб буго хIакъикъат, поэтас абухъе: "...бикъун бичулезе баккараб бакъалъ, ракъвазарун руго рекьичIел хурзал". ГIетI тIун, хIалалаб магIишаталъ бечелъарав чи кканиги гьес киданиги жиндир вас мискиназдаса ватIа гьавуларо. Досда лъала рес гьечIолъиялъул захIмалъи ва гIетI тIун балагьараб чадил къимат. Цояздаса цоял сурарал мисалал руго жакъа улкаялда. Щаялиго гьечIо гьеб бихьизабулеб гьунар, искусство, адабият ва гьелъул вакилзаби. Хъвадарухъанасадаса блогер машгьураб ва хIажатаб пачалихъ лъугьана нилъер. Гьелъул хIасилалда раккарал гIузраби руго, бикъараб гIарцухъ бечедаца жидер лъимал тIокIаллъун рихьизаризе бахъулеб хIаракатги.

Пайда щиб гьеб бихьулел, бихьараб бицунел, бицараб жанибе биччалел ва гьелъул хIисаб гьабулел чаг1и дагьал гурони гьеч1о. Кин доб букIараб некIсияв философасул? "Идеябазул дунял кида къадги хIакъикъаталде сверулин". ГIаданиб бугеб гурони къватIибеги бачIинищха? Кида нилъехъе рач1инел лъик1ал пикраби? Лъица ва кин гьел г1умруялде рахинарилел абураб суал хут1улеб буго рагьараблъун. Хабар лъикIаб рагIайги.

=========================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго

XS
SM
MD
LG