МагъчIваялъе рес

«Платоналъул» дандерижи гIадамазда рагIизе буго


Dagestan--Drivers strike. November,19, 2015
Dagestan--Drivers strike. November,19, 2015

Дагъистаналда халатбахъунеб буго халатаб манзилъалъ хьвадулел чIахIиял автомашинабазул хIалтIухъабаз лъазабураб рази гьечIолъияъул акция. 19 ноябралда акция лъазабурал нахъе къотIизе гьенибе цIан буго рагъулаб техника. ГIахьалчагIаз лъазабулеб буго рагъулаз провокацияби гьарулел ругин. ТIолго регионазда чIахIиял автомашинабазда тIад лъолеб бугеб магъалоялъул кьаби щвезе бугин гIадатиял гIадамаздайин абулеб буго акциялда гIахьаллъулез ва экономистаз.

Юк баччулел чIахIиял автомашинабазул хIалтIухъаби транспортгун цадахъ ракIарун руго аслияб куцалда Гъарабудахкент мухъалъул Манасалда ва Гъаякент мухъалда. 19 ноябралда Манасалда рази гьечIолъиялъул акция лъазабурал гьениса нахъе рачахъизе рачIун руго рагъулаб техника ва къуваталъул идарабазул хIалтIухъаби.

Акциялда гIахьаллъулезул къадар 350 чиясде бахун буго. Россиялъул тIалъиялъ нухлухъ босулеб мухь нахъе бахъичIони, жидеца багьабиги рорхизе ккезе ругилан абулеб буго акциялъул гIахьалчагIаз. Цойидаго нухда рахъунаго гьез кьезе ккезехъин бугила 500 азарго гъурущ, жеги автомашинаялда хасал тIагIалабиги лъезе кколел руго, гьелги ругила хириял.

Гьенире ракIарарал чагIи лъикIаб гIумру букIун къватIире рахъарал кколарила, хъизан-лъимал кваназаризе батIияб рес гьечIила чIахIиял автомашинабазда хIалтIун гурого жидерин абулеб буго гIадамаз. ГьанжелъагIанги, юк баччулел чIахIиял автомашинабазул хIалтIухъабаз къайи цIикIкIун бугони, гьелъухъги мухь кьезе кколеб букIун буго.

19 ноябралъул радалалдаса нахъе 50 цикIкIун рагъулаб техника ва нусго гIанасев рагъулав ракIарун ругин гьенирин бицана «Эркенлъи» радиоялъе акциялда гIахьаллъулез.

Цебеккун, рази гьечIолъиялъул акция лъазабуразухъе рачIун рукIана Дагъистаналъул тIалъиялъул вакилзаби. Дагъистаналъул Транспорталъул агентлъиялъул нухмалъулев Хучбаров Загьид гIенекканила жидер тIалабазухъ ва хьул бугила жидер тIалабал тIадехун кьелин гьесилан бицана акциялда гIахьаллъулев Нурисламица «Эркенлъи» радиоялъе.

Нурислам: «Хучбаров вачIун вукIана цогидал тIалъиялъул вакилзабигун цадахъ. Гьезда хисизабизе кIолеб жо щибго гьечIо, амма гьезие бокьун букIана нижер тIалабал лъазе. Ниж руго гьеб «Платон» абураб система нахъе бахъи тIалаб гьабун къватIире рахъун. Гьеб магъалоялъул цо нижее гуро ккезе бугеб зарал, гьелъул зарал ккезе буго гIадатиял гIадамазе, киназего.

Щай? Щай гурелъул, гьадинги щибаб нигIматалъул багьаялда гъорлъ гьелъул 35 процент ккола транспорталъул харжал. Гьанже, гьеб магъало тIаде жубан гьеб 45 проценталде бахинеги буго, хиралъизе буго кинабго. Киналго нигIматал: ролъ, чакаралдаса байбихьун, щай гурелъул гьеб кинабго ккола баччулеблъун. Гьединго Дагъистаналдаса цогидал регионазде баччулебги. Гьелъул хIасилалда хIукуматалда багъа-бачарицин ккезе рес буго».

Манасалда гIагар «Кавказ» федералияб трассаялда ракIарарал гIадамаз жидерго автомашинабазда чIван руго игIланал «Ниж «Платон» системаялда данде руго», -ян тIад хъвай-хъвагIаял ругел.

ГьабсагIаталда рагъулаз автомашинабаздаса хIукуматалъул номерал рахъун, гIадамал ралъаргъунел ругила. Гьезие хIажат бугила, щиб гьабунги гIадамал данде тIамизе, цинги къуват хIалтIизабун жал нахъе къотIизейин бицана Нурисламица.

Нурислам: «Гьанире рачун рачIана ОМОНал ва рагъулал. Гьез гIадамал ралъаргъунел руго, рахъулел руго автомашинабаздаса номерал. Гьезие провокация хIажат буго. Абулеб буго жеги дагьал дорегIан цIикIкIараб къадар рагъулазул ракIарун ругилан. Нижеца нижерго машинаби нухдагицин тун гьечIо. Нух буго эркенго.

Рагъулаз къан буго лъелго хьвадулеб нухлул бутIацин. Нусго чи вуго гьезул гьанир ракIарун. Ниж щиб гьабунги гьусизе къваригIун буго гьезие».

ГIадамазда ва рагъулазда гьоркьоб тунка-гIусиял ккезе рес бугила, гьезие гьеб хIажатги бугин тIаде жубана акциялъул гIахьалчияс.

Россиялда федералилял трассабаздасан хьвадулел юк баччулел чIахIиял автомашинабаздаса мухь бакIариялъ гьеб баччулел чагIи тIамизе ругин къайиялъул багьа бахинабизе, гьелъул хIасилалда тукабазда ва базаразда киналъулго багьаги бахине бугин рикIкIунеб буго экономистазги. Гьедин, хасго кьаби щвезе бугила Россиялъул жанубияб рахъалда.

Зарал ккезе бугин гIадамазейин абураб пикру загьир гьабулеб буго «Кавказский узел» сурсаталъе экономист, Глобализациялъул проблемабазул институталъул директор Сергей Делягиница. Гьадинги цIикIкIараб даража мискинлъиялъул бугеб Шималияб Кавказалда, гьеб рагIизе бугила, щай гурелъул дагьлъизе бугила нигIматазул ассортимент.

Гьеб хурхараб бугила регионазул хаслъиязда. Масала, централиял регионазда тIиритIарал ругила чIахIиял тукабазул гьинел, нус-нус тукаби жидер ругел. Гьединал бакIазда цIакъго хиралъиялъул хIинкъи букIунарила.

Амма аслияб куцалда Шималияб Кавказалъул регионазда тIиритIарал гьечIила гьединал тукабазул гьинал. Гьоркьохъеб куцалда нигIматазул багьа 15 проценталъ бахине рес бугин рикIкIунеб буго Делягиница. Жакъа къоялде, 2014 соналде данде ккун, Дагъистаналда кванил нигIматазул багьа гьоркьохъеб куцалда 10 проценталъ бахун буго.

XS
SM
MD
LG